Вухиялда цебе Бекуетовас рагьун букIана Москваялда гъоркьехун бугеб Химки шагьаралъул рохьги хвезабун Санкт-Петербургалде нух бахъиялда сверун гьабулеб букIараб кIудияб коррупционияб схема.
Эркенлъи Радиоялъул мухбир Клэр Биггица интервью гьабуна Химкиялъул рохь цIунулезул оппозиционияб багъа-башариялъул лидер ва Бекетовасул гьалмагълъун йикIарай Евгения Чириковагун.
Эркенлъи Радио: «Химки шагьаралда сверухъ бугеб рохь цIунизе мун яхъараб мехалда тIоцебесеб нухалда Михаил Бекетов кин дуда дандчIварав? Вухилалде цеве кинав чи гьев вукIарав?»
Евгения Чирикова: «Гьесул гIумру букIанин абизе бегьула "Химкинская правда" абулеб газетаялъулъ. Гьес гьеб цохIо жинцаго къватIибе биччалеб букIана. 15 азарго газета гьес жинцаго кьабулебги букIана гьелда хъвалебги жинцаго букIана. Нижер гьитIинаб шагьаралъе гьеб кIудияб къадар буго. Гьеб букIана кинабгIаги мухьги гьечIого гьес жинцаго гьабулеб букIараб лагъасул хIалтIи. Гьеб букIана кIудияб хIалтIи. Дир гIумруялда жаниб тIоцебесеб интервьюги дихъа босун букIана журналист Михаил Бекетовас.
ТIоцебе Мишада бичIчIана гьеб проекталда нахъа коррупция букIин. Гьеб мехалда нижеда кколеб букIана гьеб коррупция гьанир ругел бакIалъул чагIазда бараб бугин. Гьев витIаравги ватана. Гьесул букIана кIудияб хIалбихьи. Гьев БАМалдаги хIалтIана, армиялда хъулухъги гьес десантазул аскаразда гьабуна, гьесие журналистасул лъикIаб лъайги щун букIана, журналист хIисабалда кьварарал бакIаздаги вукIана гьев. Цо нухалда чIвачIого хIалалъ ворчIунги вукIана гьев.
Гьев вукIана махщел кIудияв чи. КIиго метралде бахунеб борхалъиялъул, тирияв чи. Векерун вачIун газетазул гохIги нижехъ тун цоги бакIалде гIедегIулаан. Гьев вукIана гвангъарав ва вацIцIадав чи. Гьев нижее камуна гьанже».
Эркенлъи Радио: «Вухун хадув Михаил лъугьана унтарав чилъун ва берцинго жиндиегоцин хъулухъ гьабизе кIолареб хIалалде. Нужеца коммуникания кин гьабулеб букIараб?»
Евгения Чирикова: «Дир гIумруялда жаниб бищунго захIматаб заман букIанин абизе бегьула реанимациялдаса хадуб Миша вихьараб мех. Гьесул бащдав хутIун вукIинчIо. 50 килоялъ хIалакълъун вукIана гьев. Гьесул къотIун букIана бохги, квералъул ункъго килищги, гьесда тIубанго къаркъала шуризабизеги кIолеб букIинчIо. ХвезегIан берцинго кIалъанги бажаричIо гьесда гьелдаса хадуб. Килщал рукIараб квер гьесда багъаризабизе кIолеб букIинчIо. Гьединлъидал щибго хъвазеги кIолеб букIинчIо. Гьесда лъалеб букIиндал жинде тIадекIанцIи хIадурулеб букIин. Гьес абизеги абулаан жиндие щиб букIаниги лъугьани, гьеб гьабурал чагIи Химки шагьаралъул администрациялда ралагьеян.
Гьев гьеб мехалда чIванин абизе бегьула. Гьев вухун вукIана битабаз. Гьев чIаго хутIицин гIажаибаб жо букIана. Вухун хадусан цIорораб ракьалда сордо-къо бана гьес. Гьелдаса хадуб гьев дагь-дагьккун холев вукIанин абизе бегьула. Гьесие щварал гIадал ругъназдаса хадуб чи сах гьавизе кIоларелъул.
Дида ракIалда буго ахираб заманалда гьесухъе щвараб мехалда гьесул сипат. Гьесда кIолароан кIалъазе. БетIер гьанкIун, гьимун биччизабулаан гьес абизе бокьараб. Гьалмагъзабаз гьарана дида гьесие кечI ахIеян. Дицаги ахIана халкъияб кечI. Гьесие гьеб цIакъ бокьун букIана. Гьеб мехалда гвангъараб гьесул сипат буго гьанже цебе чIун».
Эркенлъи Радио: «Бекетовасде гьужум гьабиялда кутакаб ццим бахъун букIана тIолабго Россиялдаго. Гьелдаса дуца дуего кинал дарсал росарал?»
Евгения Чирикова: «Бищунго цебе абизе ккола къеркьолев чиясда сверун гIадамал гIемерал рукIине кколин. Миша абуни вукIана живго цохIо ва гьев вукIана киназулго бадив. Цо проблема рагIалде бахъинабулел гIемерал гIадамал ругони тIалъиялда бичIчIула цо чи чIвани гьесул бакIалда чIезе цоги гIемерал рукIин ва гьел киналго чIвазе рес гьечIолъи».
Клэр Бигг