Ссылки для упрощенного доступа

«Новая газетаялъе» тIубана 20 сон


Рищватчилъиялъул ва инсанасул ихтиярал хвезариялъул гъваридаб цIех-рех гьабулеб «Новая газетаялъе» гьал къоязда тIубана 20 сон. Гьелда бан Эркенлъи Радиоялъул мухбир Клер Биггица гара-чIвари гьабуна гьеб газетаялъул бетIерав редактор хисулев Виталий Ярошевскийгун.

«Новая газета» гIадин къо бихьарал газетаби гIемер гьечIо Россиялда. Бищун кIудияб дандерижи багъаризабуна гьеб газетаялда къватIире рахъарал Шималияб Кавказалда инсанасул ихтиярал хвезариялъул хIакъалъулъ хъварал макъалабаз. Гьелухъ квершеллътялъ бакIаб тIадецуй гьабулеб букIана редакциялде къого соналда жаниб.

Гьеб гуребги, цо-чанго диваналъул процессги тIобитIана, раккана гIарцул проблемабиги, кибер гьужумалги. Россиялъул прессалъул рейтингалда газетаялъ ккуна тIадегIанаб бакI. Щвана гьелъие халкъаздагьоркьосеб къиматги.

Амма гьелдаго цадахъ кIудияб хIинкъиги щун буго газетаялъул журналистазе. Россиялда гьечIо гьедегIан кIудияб къадаралда чIварал журналистал ругеб цогидаб газета. Гьезда гъорлъ – Россиялъул журналистикаялъул цIва Анна Политковская.

Зама-заманалда газета къазе бугинрги рагIулеб букIана. Эркенлъи Радиоялъе баян гьабулеб буго «Новая газетаялъул» бетIерав редактор хисулев Виталий Ярошевскияс.

Виталий Ярошевский: «Гьенир ракIкIарун руго политикиял, моралиял, инсаниятлъиялъул къиматал цIунулел гIадамал. Хасго гьелдалъун рес щун буго чIаго хутIизе хIатта бищун захIматаб заманалдацин. Газета ругьунлъана жинцаго жибго цIунизе, жиндирго хIалтIухъаби цIунизе.

РакI биххулел камиязда балагьичIого, нижер хириял гьалмагзаби чIван рукIиналда балагьичIого ниж ругьунлъана квершеллъиялдеги ритIухъаб гуреб диваналдеги данде чIезе».

«Новая газета» рагьана 1993 соналъул 1 апрелалда. Гьелъие кьучI лъуна «Комсомольская правда» газетаялъул рукIарал журналистаз. Гьел разиял рукIинчIо Кремлалъ хIалтIизабулеб политикаялъе гьеб редакциялъ гьабулеб квербакъиялда.

Совет Союзалъул вукIарав президент Михаил Горбачевас жиндие щвараб Нобелил премиялъул гIарцул цо бутIа кьун букIана цIияб газетаялъул редакциялъе хIалае. Гьелъухъ бичун босун букIана редакциялъул тIоцебесеб компьютер.

ГьабсагIат Горбачев ккола газетаялъул акциязул 10 проценталъул бетIергьанлъун. 39 процент буго бизнесмен Александр Лебедевасул. ХутIараб 51 проценталъул бетIергьанлъун ккола жибго газетаялъул редакция.

Газетаялде тIалъиялъ гьабулеб тIадецуй цIикIкIана Владимир Путин квершеллъиялде вачIун хадусала. Ахирисел соназ гIемерал экспертаз ва лъидаго рачIел тохалчагIаз абулеб буго «Новая газета» кколин Россиялда цохIого цо бугеб эркенаб газета. Ярошевскияс гьадин дурус гьабулеб буго гьединаб пикру.

Виталий Ярошевский: «АхIи-хIур багъаризабулареб газеталъун лъугьун буго гьеб. Гьениб цIикIкIараб къадаралда баккана щулияб аслуги, гIодобе биччараб анализги, гIакъилал авторазул пикрабазул гъварилъиги. Загьирлъана цIиял жанралги, мисалалъе росани видеорепортажал».

«Новая газетаялъул» редакциялъ жинда цере лъурал аслиял масъалабазул аслияблъун ккола инсанасул ихтиярал цIуни. Редакциялъ гьединго кIудияб хIаракат бахъулеб буго хIукуматалда бугеб коррупциялъул хIужаби тIатинаризе.

«Новая газета» гьединго машгьурлъана Россиялда ахирисеб къого соналда жанир кIудиял скандалал рагъарун хадубги. Мисалалъе рачине ккола 1999 соналда Россиялъул цо-цо шагьаразда гIадамаз яшав гьабулел рукъзал кьвагизари, гьелдаса нахъе Чачан республикаялда багъарараб кIиабилеб рагъ, Дубровкаялдаги Бесланалдаги рукIарал терактал, полковник Юрий Будановас чачаназул яс чIвай.

Гьел киналго хIужабазул гъваридаб цIех-рех гьабуна «Новая газетаялъул» мухбирзабаз. Гьединаб цIех-рех гьабурадухъ гьел мухбирзабазе чIобогоял хIинкъаби кьун гуребги анлъго чи чIванги вуго.

2006 соналда речIчIун чIван йиго Анна Политковская. БичIулереблъун рикIкIунеб буго Юрий Щекочихинил хвел. Абулеб буго гьесие загьруяб радиоактивияб жо кьун батилин. Добго соналда гIумруялдаса ятIалъана Светлана Олюк. 2009 соналда речIчIун чIван йиго Анастасия Бабурина ва адвокат Станислав Маркелов. Гьедин бугониги, редакциялъ жиндирго лъикIаб букIинеселда хьул лъолеб бугин ракI чIун. Гьадин абулеб буго Виталий Ярошевскияс.

Виталий Ярошевский: «ГIемерал хIинкъабиги руго, хIинкъаби кьолеб ахIвал-хIалалги буго сверухъ. ГIарац гIолеб гьечIо. Амма гьеб буго тIалъиялде къуркьулареб россияллъул газетаялъе гIадатияб хIал. Нижер букIинеселъул хIакъалъулъ дица паракъатго бицунеб буго щайгурелъул гьалго щинал соназда газета ругьунлъана чIаго хутIизе. ГьабсагIат лъикI гьечIониги, бецIлъиги гьечIин - гьале гьадинаб буго нижер игIлан».

Клер Бигг
XS
SM
MD
LG