Ссылки для упрощенного доступа

Россиялъул "троялъул чодул" лъалкΙал Страсбургалда


20Ι2 соналда бихьулеб къагΙидаялда дагьлъун буго Европаялъул инсанасул ихтиярал цΙунулеб диваналъ (ЕСПЧ) гьоркьор лъурал гΙарзаби. Россиялъул пачалихъиял хъулухъчагΙаз гьеб хурхинабулеб буго улкаялдаса Страсбургалъул диваналде хитΙабал дагьлъун рукΙиналда. Амма нижер радиоялъул мухбир Клэр Бигил макъалаялда абулеб буго, россиялъул инсанасул ихтиярал цΙунулез гьелъул багьана хурхинабулеб бугин гΙуралъ ракΙ хвезабулеб гьабулеб хΙужаялдаян, ай, Европаялъул диваналда Москваялдаса заманалъ ахΙарал юристал хΙалтΙулел рукΙиналда

1959 соналдаса байбихьун ЕСПЧялъ гьоркьор лъолел материалазул гΙаммаб къадар гΙодобе ккей загьирлъулеб буго тΙоцебесеб нухалда. Гьеб битΙахъего хурхараб буго, диваналъул гьоркьоб лъеялде щолел росссиялъулазул гΙарзабазул къадар бихьулеб къагΙидаялда дагьлъун букΙиналда.

Цебесеб соналда Страсбургалда 40 000 гΙарзаялда гъорлъан гьоркьоб лъуна 28 600. ХутΙарал гΙарзаби гьезулгун цебеккунисеб хΙалтΙи унеб мехалда росичΙого хутΙун руго диваналъул гьоркьоб лъеялде.

Машгьураб пикруялда, жиндир диваналъул система коррупциялъ ва протекционизмалъ ккун бугеб россиялъул рахъалъ, гьелъие багьаналъун рехсолеб буго улкаялъул диваналъул система низамалде бачун букΙиналда. Гьедин риккΙунел хъулухъчагΙаз прогнозал загьир гьарулел руго, ЕСПЧялде гΙарзаби кьолеб улкабазул лидерлъиялдаса Россия нахъе ине бугин кватΙичΙогоян абун.

Амма Россиялъул инсанасул ихтиярал цΙунулезда бихьулеб буго гΙагсаб хΙакъикъат. ЕСПЧялъ гьоркьор лъурал россиялъулазул гΙарзаби цинтΙаго дагьлъиялда нахъ гьезда бихьулеб буго, гΙарзаби цΙакъго гΙемерлъун рукΙиналъ, гьеб диваналъ жиндиего хΙалае россиялъул юристал ахΙун рукΙиналда.
Гьединаб пикру, мисалалъе, загьир гьабуна нижер радиоялъе комментариял гьарурав машгьурав инсанасул ихтиярал цΙунулев Лев Пономаревас.

Лев Пономарев, инсанасул ихтиярал цΙунулев
Лев Пономарев, инсанасул ихтиярал цΙунулев
Лев Пономарев: "Гьенир россиялъул юристазул къокъа хΙалтΙулеб букΙинги, гьоркьор лъолел гΙарзаби бихьулеб къагΙидаялда дагьлъун рукΙинги, дида ккола, гΙадада гурин. Гьезие пуланаб къадар нахъе бахъиялъул тΙадкъай гьабун батичΙого букΙинеги бегьула, амма россиялъул хΙукуматалъ гьел гьенире ритΙун ратани, ракΙалде щвезабизе ккола цо-цо кΙудиял пачалихъиял хъулухъчагΙаз загьир гьабулеб букΙараб позиция. Гьез абулеб букΙана Россиялдаса гьедигΙан гΙемер гΙарзаби гьенире щолел рукΙин квешаб хΙужжа кколин ва гьезул къадар дагьлъизабизе кколин."

Россиялдаса рачΙунел гΙарзаби дагьлъиялда нахъ бихьизе ккола гьединго, цебесеб соналъул июналда диваналъ гΙарзаби кьеялъул къагΙида хисизабиялдаги. Гьелъие къваригΙунеб заман халалъизабуна. Гьелъул аслияб мурадги букΙана диваналъул хΙалтΙи захΙмалъизарулел гъалатΙал дагьлъизари.
Россиялдаса рачΙарал гΙарзабаз жиндир хΙалтΙи цΙакъ захΙмалъизабураб ЕСПЧялъ Москваялдаса юристал ахΙулеб мехалдаги инсанасул ихтиярал цΙунулез загьир гьарулел рукΙана жидерго ургъелал. Амма диваналъул хъулухъчагΙаз гьеб инициативалъул критикал гΙодор риччазарулел рукΙана, гьел гΙолохъанал юристазул хΙалтΙи жидер хΙалтΙухъабазул хъачΙаб контролалда гъоркь букΙине бугинги абун. Амма гьелда байбихьудасаго божулей йикΙинчΙо, мисалалъе, Страсбургалъул диваналде гΙарзаби хΙадуризе кумек гьабулей адвокат ва инсанасул ихтиярал цΙунулей Карина Москаленко. Гьелъул пикруялда, гьеб кколеб рагΙула "троялъул чу" гьенибе щвезабураб гΙадаб гали.

Карина Москаленко, инсанасул ихтиярал цΙунулей, адвокат
Карина Москаленко, инсанасул ихтиярал цΙунулей, адвокат
Карина Москаленко: «ГΙарзабигун хΙалтΙулел гΙадамазул лъиданиги бачΙоголъиялда ва киналгΙаги жидерго интересал гьечΙолъиялда бан букΙине кколаро кинабгΙаги щаклъи. Гьеб рахъалдаса диванчиясул хΙалтΙиялъги баккизабизе кколаро кинабгΙаги щаклъи. Гьеб къокъаялъул хΙалтΙуда хадуб Европаялъул инсанасул ихтиярал цΙуниялъул диваналъул чанго чияс хал ккун бугин абурал рагΙаби гΙолеб жо гуро, гьезда божизе ккани.»

Коррупциялъулъ къарал россиялъул диванчагΙаз гΙуцΙулел захΙмалъабаздаса свакарал гΙадамазул кΙудияб къадаралъ ЕСПЧялде гΙарзаби кьезе байбихьана Ι996 соналдаса, Россия Европаялъул мажлисалде гъорлъе босун хадуб.
Гьанже Ι28 азарго гΙарзаялда гъорлъан диваналъул гьоркьоб лъеялде щун буго 20 процент. Алсияб къагΙидаялда гьел гΙарзаби рачΙун руго Шималияб Кавказалъул республикабаздаса.

Клер Бигг (ЭР)
XS
SM
MD
LG