ЧІужугІадан борталда йигеб «Шэньчжоу-9» абураб космикияб гама орбитаялде биччана Китаялъ 16 марталда. Китаялъул тІоцеесей космонавтлъун яхъана 33 сонал барай Лю Ян. Гьелда цадахъ орбитаялде сапар бухьана кІиго космонавтас. Экипажалда цебе лъураб масъала буго, орбитаялда бугеб «Тянгунь-І» абураб модульгун цолъи ва гьенир гІелмиял экспериментал тІоритІи. Гьез орбитялда бахъизе буго 19 къо.
ЧІужугІадан ва космос

1
Гоби абараб салул авлахъалда бугеб космодромалдасан космосалде тІоцеесей чІужугІадан – гьаваялъул рагъул къуватазул пилот Лю Ян гІахьаллъараб космикияб программа 16 июналда тІубазабизе байбихьулеб букІиналъул хІакъалъулъ Китаялъ лъазабун букІана цебего.

2
ЧІужугІадан гІахьаллъараб жиндирго космикияб программа гІуцІизе бук1иналъул хІукму Китаялъ къабул гьабуна 49 соналъ цебе Совет Союзалъул «Восток-6» абураб космикияб гамил борталда Совет Союзалъул тІоцеесей комонавт Валентина Терешкова йихьун хадусеб къоял

3
Валентина Терешковалъ орбитаялда бахъана кІиго къо. Космосалъул бахІарзабазул мухъалда гьел ккуна Юрий Гагаринида аскІоб бакІ.

4
І970 сон. Звездный. Гьоболлъухъ вачІарав америкаялъул астронавт Нил Амстронгил каранда Терешковалъ балеб буго советиял космонавтазул ишара. Космосалде щваразул къадар дунялда гІунтІана 500ялдасан цІиккун чиясде. Гьел ккола 38 улкаялъул вакильзаби.

5
Терешкова космосалде Совет Союзалъ йитІана І961 соналда Гагарин воржун хадуб кІиго соналдасан.

6
Орбитаялдаса нахъ юссун анькалдасан Терешкова щвана Халкъазда гьоркьосел руччабазул конгрессалде делегат хІисабалда.

7
1963 сон. Космонавтал Валентина Терешкова ва Валерий Быковский данчІвалел руго советияв лидер Никита Хрущевгун.

8
Терешковалъе кьуна Совет Союзалъул багьарчиялъул цІар. Гьелъ тІобитІана турне букІараб социалистияб блокалъул улкабазде. 1963 сон. Прага. Чехословакиялде визит.

9
Терешковалъе щварал бергьенлъаби кІодо гьарун І983 соналда Совет Союзалда риччана хасал маркаби.

10
Терешкова космосалде щун 19 соналдасан СССРалъул пилот-космонавт Светлана Савицкая (централда) ккола улкаялдасан 1982 соналда космосалде щварай кІиабилей ва 1984 соналда рагьараб космосалде яхъарай тІоцеесей чІужугІадан.

11
Космосалде щваразул 500-ялдасан цІиккун чиясдасан 55 ккола чІужугІадан. Гьезул аслияб къадар ккола Америкаялъул цолъарал штатаздасан, руго гьел Британиялдасан, Россиялдасан, Канадаялдасан, Япониялдасан, франциялдасан, гьанже Китаялдасанги.

12
1983 соналда «Челленджер» абураб шатллалда тІоцее космосалде щварай чІужугІадан ккола Цолъарал штатазул астронавт Салли Райд.

13
ТІолабго дунялалъул берда цебе космосалде нухда катастрофа ккараб «Челленджер» абураб гамил экипажалде гъорлъе уней йикІана америкаялъул мугІалим Криста МакКалифф. Гьелъ космосалдасан дарс кьезе кколеб букІана жиндирго цІалдохъабазе. МакКалиф орбитаялде

14
1986 соналъул 28 январалда биччан хадуб 73 секундалдасан кьвагьараб америкаялъул «Челленджералъул» ккуйдул лъалкІ. Хвана экипажалъул анкьавго чи.

15
Цолъарал штатазул космикияб шатллалъул тІоцеесей командир америкаялъул рагъул авиациялъул хьалбихьи гьабулей пилотлъун йикІарай Эйлин Коллинз І999 соналдасан байбихьун орбитаялде щвана 4 нухалда.