Ссылки для упрощенного доступа

Халкъиял низам цIунулездаса пайда бугищ?


Генуб росулъ
Генуб росулъ

Дагъистаналда хIалуцараб криминалияб ахIвал-хIал гIодоцинабиялъе гIоло республикаялъул нухмалъулез батIи-батIиял тадбирал ургъана. Гьединал тадбиразул цояблъун букIана 2012 соналъ халкъияб низам гIуцIулел къокъаби гIуцIизе байбихьи. Кин гьел хIалтIулел ругел, бугищ гьездаса пайда криминалалда дандечIей гьабизе абурал суалазда сверухъ цIех-рех гьабуна нижер мухбирас.

Дагьалъ цебе Дагъистаналъул хIукуматалъ гендерил жамагIаталъулгун гьабураб къотIи-къаялда бицунеб букIана росулъ халкъияб низам цIунулезул къокъаби гIуцIизе ккеялъул. Амма цо-цо гендерил гIолилазул рагIабазда рекъон, гьединал къокъаби гIуцIизе цереккун риччан рукIинчIо гьел. Генуса МухIамадов МухIамадица «Эркенлъи» радиоялъе бицана гьеб тадбиралда хурхун жиндирго пикру.

МухIамадов МухIамад: «Нижер Унсоколо мухъалдаги гIуцIулел рукIана гьединал къокъаби. Доб мехалъ нижеда ракIалда букIана ансадерица ва цоги росабаца гIадин росдал кIалтIа постги лъун гIолохъаби иргадал ккун гьенир чIезе. Амма нижее ихтияр кьечIо, Генуса халкъияб низам цIунулел рукIине бегьуларо абун. Ругониги, Унсоколосагун ГIашилтIаса рукIине кколин бицана. Гьанже гIезегIан гIарацги щолел полициялъул ва цоги батIи-батIиял къуваталъул идарабиги ругого, гьал халкъияб низам цIунулел чагIи щибизе къваригIарал, гьедигIанго къуват гьечIеб пачалихъищ бугеб нилъер?»

ТIоцебе халкъияб низам цIунулел къокъабазул хIакъалъулъ бицана 2012 соналъул августалда доб мехалъ вукIарав Дагъистаналъул президент МухIамадсалам МухIамадовас устар СагIид-Афанди чIван хадусеб къоялъ. Президентасул пикруялда рекъон, халкъияб низам цIунулез терроризмалдагун экстремизмалда дандечIей гьабизе кколаан ва щибаб росулъ гIадлу-низамалда хадуб хал кквезе кколаан. Гьединаб буюрухъги букIана президентасул сайталда. Гьелда рекъон, щибаб мухъалдаса 500 чи восизе кколаан рехсарал къокъабазулъе. Амма хадубккун гьеб хIалтIи халатбахъана.

Аслиял суалал рукIана кигIан ихтиярал рукIине кколел гьел къокъабазул, кин гьел хIалтIизе кколел полициягун ва кин гIарац биччазе кколеб гьеб хIалтIуе абурал. Кин бугониги щибаб мухъалда кагътида хъван руго 500 чиясул цIарал. Амма гьез кинабалиго хIалтIи гьабиялъул хIакъалъулъ цIакъ дагьаб гурони информация гьечIо. ГIицIго Лаваша мухъалъул Хважалмахьи росулъ рукIана халкъиял низам цIунулел абун тIад ярагъ барал чагIи хьвадулел. 2013 соналъул 30 абилеб июналда тIад ярагъ барав халкъияб низам гIуцIулезул цояв росулъ жанисан унеб машинаялда кьвагьдон чIван вукIана «Русгидро» абураб идараялъул хIалтIухъан Руслан МухIамадов. Кьвагьдохъанасул рагIабазда рекъон, гьес машина чIезабулеб букIун буго, амма гьеб лъалхъун гьечIо. Хадуб кьвагьун чIван вуго машинаялъул вукIарав чи.

ТIоцере раккаралдаса нахъего, халкъияб низам цIунулезда тIасан критика гьабулел чагIи рукIана цIакъ гIемер. Юристазул пикруялда рекъон, къануналда данде кколаро гьел къокъабазухъе кинаб бугониги ярагъ кьей. Гьеб мехалъ гьел кколел руго долго дол изну гьечIого яргъид гIуцIарал къокъаби. Халкъияб низам цIунулезул хIалтIи терроризмалъулгун экстремизмалъул профилактика гьаби гурони тIокIаб батIияб букIине бегьуларилан рикIкIунеб буго гьез. Рехсарал къокъаби гIуцIи ккола киналго къуваталъул хIалтIухъабаз жидерго хIалтIи гьабун бажарулеб гьечIолъи бихьизабулеб хIужаян рикIкIунеб буго жанисел ишазул идараялъул ва прокуратураялъул хIалтIухъабазул профсоюзалъул нухмалъулев Шамилов МухIамадица. «Эркенлъи» радиоялъе гьес загьир гьабуна халкъияб низам цIунулезул къокъаби гIуцIиялда тIаса жиндирго пикру.

Шамилов МухIамад: «Гьеб иш жиб байбихьаралдаса нахъего букIана щибго гуреб чIанда. Гьелъ кинабгIаги хIасил кьезе гьечIо. Хъулухъги, харжги, ретIине ретIелгун тIад базе ярагъги кьураб полициялъухъа бажаричIеб хIалтIи кин гьабизе кIолеб гьел къокъабаз. Терроризмалдагун экстремизмалда данде гьабулеб хIалтIи букIине ккола тIоцебесеб иргаялда идеологияб. Щибниги къуватги, ихтияралги гьечIел къокъабаз хIалтIи гьабун бажаруларо. Гьеб буго гьанжесев жанисел ишазул министрасги доб мехалъ вукIарав президентасги жидерго тIом цIуниялъе ургъун бахъараб жо, гьале нижеца гьадинаб хIалтIи гьабулеб бугилан бихьизабизе. Хважалмахьиялда букIараб жо ракIалда бугищ? Ихтияр гьечIеб ярагъги босун кьвагьа-гIанхъи байбихьана гьел низам цIунулелин абул чагIаз ва жидерго росулъ питна бекьана. Гьеб жо цIакъ жагъалаб, ургъичIого гьабураб жо буго».

Халкъияб низам цIунулезул къокъаби гIуцIи мекъаб галилъун рикIкIана гьединго Халкъазда гьоркьосеб кризисалъулаб группаялъул (International Crisis Group) Россиялда йигей вакил Сокирянская Екатеринаца. Гьелъул рагIабазда рекъон, гьединал къокъаби гIуцIизе бегьуларо кинабгIаги жанисеб конфликт бугеб бакIалда, гьелъ тIадеги иш хIалуцинабула. Дагъистаналда абуни, щибаб росулъгIадин буго диниял рикьалабазда гьоркьоб рагIи дандеккунгутIи.
XS
SM
MD
LG