Ссылки для упрощенного доступа

«Рохьорехун» хьетIулел цIикIкIунел руго


Гьаб гIагараб заманаялда Унсоколо мухъалъул Генуб росулъа 18 чи ун вуго «рохьове». Гьедин лъазабулеб буго Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ. Унсоколо мухъалдаса хIакимзабаз «Эркенлъи» радиоялъе бицана низам цIунулез «рохьилаллъун» толел ругин исламиял университетазда цIалулел рукIарал ва ругел гIолилал, «рохьилазда» гъорлъе гьел хIакъикъаталда унел гьеч1ониги.

Унсоколо мухъалъул Генуб росулъа 18 чи гъорлъе ун вуго изну гьечIого яргъид гIуцIарал къокъабазде. Гьединго рохьилазда гъорлъе ун вуго Ногъай мухъалъул Терекли-Мектеб росулъа кIигояв. Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ лъазабулеб буго, рохьазде аразул цIарал тIатанин оперативиял тадбирал тIуралаго.

Араб анкьалда Унсоколо мухъалда низам цIунулезул къадар цIикIкIинабуна. Жибго Генуб росулъ полициялъул идара гIуцIана. Гьединалго идараби гIуцIине бегьула цогидал росабалъги. Мисалъе, Балахьуниб росулъ гьеб гIуцIана араб анкьалда. Майданское росулъги гуIцIине бугин рагIула. Мухъалда бугеб ахIвал-хIал хIалуцинабулеб буго изнугьечIого яргъид гIуцIаразул къокъаялъилан лъазабулеб буго республикаялъул жанисел ишазул министерлъиялъ.

«Къокъабазде гъорлъе унел кквезе щолел гьечIо низам цIунулезе, амма хасало мех щвейдал цо-цо рохьилал тIадруссуна рокъоре, гьелдалъун, мисалалъе, Генуб росулъ лъазарула терроралде данде чIарал тадбирал», - илан абуна министерлъиялъул пресс-хъулахъалда «Эркенлъи» радиоялъе.

Унсоколо мухъалъул нухмалъулев Шамиль МухIамадовасул рагIабазда рекъон I6 октябралда Балахьуниб росулъ рачIана низам цIунулузелул къокъаби. Гьенирги Генуб росулъги рагъулазул гьел къокъаби рукIине рагIула Сочиялда Олимпиада лъугьинегIан. Балахьуниб рагъулазул къокъаби спортзалалда чIун руго, Генуб росулъ гьез ккун буго азарханаялъул мина.

Гьеб мина СахлъицIуниялъул министерлъиялъ азархана гIадин хIалтIизабизе гьукъана, гьелдалъун гьеб кьуна низам цIунулезеян бичIчIизабуна МухIамадовас.

«Новое дело» газеталъе гьес абуна гIадамазе рекIее гIолеб гьечIин кидаго росабалъ низам цIунулел рукIин, амма оперативияб ахIвал-хIал батIияб хIалалъ хисизе рес гьечIин тIаде жубана гьес.

Гьединго гьес абуна Терроралде данде чIараб комиссиялъул данделъаби гьарулин цо-цо росабалъ ва гьезги хIасилал кьолин. Мисалалъе цодагьал цебе ракълилаб гIумруялде тIадруссинарун руго Балахьуниса Расул МухIамадов ва МухIамад Сулеймановасул нухмалъиялда гъорлъ бугеб изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къокъа. Амма гьеб къокъа ахир-къадги рохьазде ана. Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул лъазабиязда рекъон, рохьилазде гъорлъе арав 18 чи Сулеймановасул къокъаялда гъорлъ руго гьанже.

Гьел щал чагIи ругелали, сундуе гIоло изну гьечIого яргъид гIуцIаразде гъорлъе аралали лъазабиялъе «Эркенлъи» радиоялъул мухбирас ахIана Генуб росдал нухмалъулев ГIалиасхIаб МухIамадовасухъе. Жиндихъ гьединаб информация гьечIилан абуна гьес.

ГIалиасхIаб МухIамадов: «Валлагь дихъ информация гьечIоха гьел щал чагIи ругелали, щиб гьез гьабун бугебали. Розыскалда анцIго-анцIила хадув чи вукIана нижер росулъа. Гьел ратилаха гьез абулел ругел чагIи».

Унсоколо мухъалъул мажлисалъул нухмалъулев Асадулагь Дибирасулаевас бицаралда рекъон, рохьилазда гъорлъе араллъун низам цIунулез тун руго исламиял университетазда цIалулел.

Асадулагь Дибирасулаев: «Гьел чагIи кирниги инчIо. Гьеб букIун батаниги, щуго-анлъго соналъ цебе букIана. Гьел щалали бицинищ? Гьел руго цогидал улкабазда цIалулел чагIи. Сайталда рехун ругел чагIи гьел рагIула. Гьазул рокъор жалги рехун гьеб жо гьабун рагIула МВДялъ».

РакIалде щвезабила, цодагьалъ цебе тIобитIараб терроралда дандечIараб коммисиялъул хIасилал гьарулеб данделъиялда лъазабун букIана Дагъистаналда 117 рохьилав вугин. Унсоколо мухъалдаса ругин бищун гIемер рохьилалилан абуна данделъиялда.

XS
SM
MD
LG