3 марталда Прагаялда Чехиялъул инсанасул ихтиярал цIунулеб "Къварилъиялде ккарав инсан" абураб гуманитарияб гIуцIиялъул «Homo Homini» абураб санайилаб премиялъул лауреатлъун яхъана машгьурай адвокат МахIамадова Сапият. Премия кьеялъул церемония тIобитIана "Цогояб дунял - 2014" абураб инсанасул ихтиярал цIуниялъул темаялъул документалиял фильмазул халкъазда гьоркьосеб фестивалалъул гIорхъабазда. Итни къоялда Пражска Крижоватка абураб некIсияб кIалгIаялда жаниб бихьизабуна Дагъистаналъул ва Гъалгъазул республикаялда балагьалде ккарал гIадамазул "унтиялъул" бицунеб тIоцебесеб фильм. Гьелда хадуб тIобитIана шапакъат кьеялъул церемония.
КъвакIараб хасияталъ бахъула рутIухълъиялде нух

1
Шапат къеялъул церемония тIобитIана гьоркьохъел гIасрабазго бараб "Пражска крыжоватка" ("Прагаялъул нухал журалеб бакI") абулеб кIалгIаялда жаниб.

2
Шапат къеялъул тадбир тIобитIана гьоркьохъел гIасрабазго бараб "Пражска крыжоватка" ("Прагаялъул нухал журалеб бакI") абулеб кIалгIаялда жаниб.

3
"Балагьалде ккарав инсан" абураб Чехиялъул гIуцIиялъул нухмалъулев Шимон Панекица лъазабулеб буго жидерго аслияб шапакъаталъул лауреат Сапият МахIмадовалъул цIар.

4
Дагъистаналдаса машгьурай адвокат Сапият МахIамадовалъе "Балагьалде ккарав инсан" абураб Чехиялъул гIуцIиялъул нухмалъулев Шимон Панекица кьолеб буго Homo Homini абураб санайилаб шапакъат.

5
Чехиялъул гуманитариял, хIукуматалъул ва жамгIиял идарабазул вакильзабазда цее яхъуней йиго Дагъистаналдаса машгьурай юрист Сапият МахIамадова.
![Сапият МахIамадовалъе гуманитарияб гIуцIиялъ жиндирго шапакъат кьей киназго къабул гьабна гIемeр заманалъ рахъун чIун х]атал къабиялъул къагIидаялда.](https://gdb.rferl.org/420844bd-3d78-4433-92b6-5fbcf7cc02c0_w1024_q10_s.jpg)
6
Сапият МахIамадовалъе гуманитарияб гIуцIиялъ жиндирго шапакъат кьей киназго къабул гьабна гIемeр заманалъ рахъун чIун х]атал къабиялъул къагIидаялда.

7
Дагъистаналдаса юрист МахIамадовалъул жиндиралдаго чIун гьабулеб юристалъул хIалтIиялъе лъикIаб къимат кьуна Чехиялъул инсанасул ихтиярал цIуниялъул ва ращадал ресазул министр Йиржи Динстбирица.

8
Сапият МахIамадовалда шапакъат баркулей йиго "Цогояб дунял - 2014" фестивалалъул нухмалъулей Гьана Кулгьанкова.

9
Сапият МахIамадовалъе шапакъат кьеялъул къо букIана гIуралъ "хIалуцараб". Щайгурелъул гьелъ жавабал кьезе ккана цIакъ гIемер информалатазул суалазе. Хадусеб къоялда къанагIатаб информалаталъ кьечIо гьелъул сурат ва гьелъул хIакъалъулъ макъала. Чанго къоялъ гьелъул бицунеб букIана Чехиялъул телеканалазги.

10
Шапакъат кьеялъул тадбиралда гIахьаллъана Чехиялъул култураялъул министр Даниэль Гьерман.

11
Чехиялъул инсанасул ихтиярал цIуниялъул ва ращадал ресазул министр Йиржи Динстбир ва Чехиялъул машгьурав политиклъун вукIарав Ян Румл (кваранисса).

12
Шапакъат кьеялъул тадбиралда гIахьаллъана Чехиялъул къватIисел ишазул вукIарав министр Карел Шварценберг.

13
Сапият МахIамадовалда ракI-ракIалдаса баркана Чехиялъул машгьурав журналист, хъвадарухъан ва жамгIияв хIаракатчи Яромир Штетинаца.

14
Шапакъат кьеялъул церемониялда гIахьаллъана "The Economist" газеталъул машгьурав журналист Эдвард Лукас.

15