3 марталда Прагаялда Чехиялъул инсанасул ихтиярал цIунулеб "Къварилъиялде ккарав инсан" абураб гуманитарияб гIуцIиялъул «Homo Homini» абураб санайилаб премиялъул лауреатлъун яхъана машгьурай адвокат МахIамадова Сапият. Премия кьеялъул церемония тIобитIана "Цогояб дунял - 2014" абураб инсанасул ихтиярал цIуниялъул темаялъул документалиял фильмазул халкъазда гьоркьосеб фестивалалъул гIорхъабазда. Итни къоялда Пражска Крижоватка абураб некIсияб кIалгIаялда жаниб бихьизабуна Дагъистаналъул ва Гъалгъазул республикаялда балагьалде ккарал гIадамазул "унтиялъул" бицунеб тIоцебесеб фильм. Гьелда хадуб тIобитIана шапакъат кьеялъул церемония.
КъвакIараб хасияталъ бахъула рутIухълъиялде нух

16

17
Шапакъат кьеялъул тадбиралда гIахьаллъана Чехиялъул юстициялъул министр Гьелена Валкова.

18
Сапият МахIамадова, "Балагьалде ккарав инсан" абураб Чехиялъул гуманитарияб гIуцIиялъул премиялъул лауреат.

19
Шапакъат кьеялъул церемониялда гIахьаллъана кочIохъан Тоня Грейвс.