Шималияб Кавказалъул регионазул парламентазул данделъиялда заманаялъ Дагъистаналъул президентасул хъулухъал тIуралев Рамазан ГIабдулатIиповас лъазабуна Россиялда гъорлъе лъугьун 200 сон тIубаялъул байрам кIодо гьабизе бугин Дагъистаналъ. Амма гьеб байрам киналго Шималияб Кавказалъул регионазе гIаммаблъунги гьабизе бегьулин. Гьесул пикруялда рекъон, 1813 соналъ Дагъистан тIубанго Россиялъул пачалихъалда жанибе ана, цо-цо гьанир рукIарал феодалиял пачалихъиял гIуцIаби жеги церего лъугьана Россиялда жанире. «Цоги регионазги гьединаб байрам кIодо гьабизе ккола. Нилъер киназулго гIаммаб пачалихъ батани, байрамалги гIаммал рукIине ккола», - ян лъазабуна Р. ГIабдулатIиповас рехсараб данделъиялда.
РИА «Дагестан» сайталъул баяназда рекъон, гьеб байрам кIодо гьабиялъул тадбирал тIаде росулеб хасаб комитетги гIуцIун буго. Гьелда жанире унел руго живго Р. ГIабдулатIипов, парламенталъул председатель Хизри ШихсагIидов, хIукуматалъул нухмалъулев Мухтар Меджидов ва цоги аскIосел регионаздаса чанго кIудияв хIакимчи. Гьединго гIахьаллъизе руго Пачалихъияб Думаялъул депутатал, шагьаразул ва мухъазул нухмалъулел, жамгIиял ва культуриял хIаракатчагIи.
Дагъистаналда гьеб байрам тIобитIизе кколин Р. ГIабдулатIиповас лъазабун букIана жеги цебего. МахIачхъалаялъул аслияб майданалда гьеб темаялда бухьараб кIудияб суратги далун бугоан. Амма гьеб лъазаби гьабуралдаса нахъе блогосфераялда ва информалатазда гьелъие гIемер критика гьабулеб буго. Тарихчи Доногъо ХIажимурадил пикруялда рекъон, гьеб ккола кинабго политика. Гьелда тIадеги, тарихиял баяназда данде кколеб гьечIо гьеб хIужа. 1813 соналъ гьабураб Персиялъулгун Россиялъул къотIи-къай батIияб жо буго.
Доногъо ХIажимурад: «ХIакъикъаталда, 1813 соналъ гьабураб Гюлистаналъулаб ракълилаб къотIи-къаялда рекъон Персиялъ Россиялъухъе кьолел руго Кахетия, Шекиялъул ханлъи, гьездаго цадахъ Дагъистаналъул ракьалги. Суал бижулеб буго. Лъицаниги цIехолеб букIанищ дагъистаниязда нуж Россиялъул империялда жанире ине ругищан. Доб заманалъул Дагъистан букIана гIицIго географическияб бичIчIи, цогояб пачалихъ букIинчIо, рукIана гIемерал батIи-батIиял феодалиял пачалихъиял гIуцIаби ва эркенал жамагIатал. Гьезул цо-цояз долдагIанго Россиялъул пачалихъалъе мукIурлъи загьир гьабулеб букIана жидерго ханлъи цIуниялъул мурадалда, амма Дагъистан Россиялъул пачалихъалда жанибе лъугьанаян абизе бегьуларо, гьеб мекъи буго тарихияб рахъалъ босани. КIиабизеги. Нилъеца доб мехалъ Дагъистан Россиялда жанибе анин бицани, кинаб къимат кьезе кколеб лъабавго имамасул бетIерлъиялда гъоркь эркенлъиялъе гIоло гьабураб рагъуе? Гьел кколел руго пачалихъалда данде рахъарал диниял гъалмагъарчаги. ГьанжелъагIан букIараб тарихалда тIад хIуч цIараб гIадаб жо кколеб буго. Дир пикруялда рекъон Дагъистаналъул тIалъиялъул гьеб гали буго Кремлиялъе бетIер къулизе хIаракат бахъи, гьезие мукIурлъиялъул гIаламат загьир гьабулеб ишара».
Камулел гьечIо рехсараб гали битIараб бугилан рикIкIунелги. Амма киналго рази руго гьеб политикияб гали бугин абураб пикруялда. Блогер МуртазагIалиев Русланил пикруялда рекъон, гьабсагIаталда Дагъистаналда живго щулалъиялъе гIоло цIияв президентас гьарулел галаби руго гьел. «Эркенлъи» радиоялъе гьес бицана живго Рамазан ГIабдулатIиповасда мухIканго лъалин гьеб тарих букIин, живгоги тарихчи вукIиналъ гьеб лъачIого рес гьечIин. Амма централияб тIалъиялъе мутIигIлъи загьир гьабичIого, Дагъистаналъе нухмалъи гьабизе кIоларин лъиданиги, щив Дагъистаналъул президент вугониги. Кремлиялда мугъчIвай гьабизе ккани гьединал галаби гьаризе ккола, хIалбихьи бугев политик хIисабалда гьесда гьеб бичIчIулебги буго абун бицана МуртазагIалиев Русланица.
Рехсараб байрам кIодо гьабиялъулъ лъикIал рахъал рихьулел руго «Эксперт-Юг» абураб журналалъул бетIерав редактор хисулев Николай Проценкода. Гьесул пикруялда рекъон, байрам кIодо гьабизе кватIун буго, гьелъие гIарац биччаларо гьанжеялдаса ва гьединаб байрам гIуцIизе гIемер заман къваригIуна. ЦохIо бегьулеб жо буго тIолгодунялалалъул церетIурал гIалимзабиги ахIун гьеб суалалда тIаса гIелмияб конференция гьабизе. ТIадеги, кватIичIого гьабизе буго Дербенталъ 2000 сон тIубаялъул байрам. Гьелде гьабулеб репетиция гIадин тIобитIизе бегьула тIадехун рехсараб байрамги.