Гьеб багъа-бачариялъ гьабулеб хIалтIул хIакъалъулъ цIализе бегьула интернеталда ругел сайтаздасанги. Масала, В Контакте сеталда кьураб баяналъухъ балагьун, аслияб куцалда гьеб багъа-бачариялъ республикаялда рищни-къул бакIарулеб буго. Нухмалъи гьабизе вачIун тIоцересел къоязго ГIабдулатIиповас кIвар кьезе лъугьараб масъала букIана гьеб - сверухъ рацIцIалъи чIезаби. Гьедин ГIабдулатIиповасда бихьизе гIадин бакIалъул нухмалъулезги цогидазги зама-заманалдасан тIоритIула рищни бакIариялъул акциял.
"Президентасул кумекчагIаздасан" гьабулеб тIалаблъун лъугьунеб буго бакIалъул нухмалъулездасан гIадамаз рахъулел гIарзал ГIабдулатIиповасде щвезариги. Гьел кумекчагIазул вакилзаби руго щибаб мухъалдаги щибаб росулъги. Масала, Казбек мухъалда гьединав вакиллъун вуго Нургьамудин Идрисов. Гьесги цогидал ракьцоязги гьал къоязда Казбек мухъалда тIобитIараб митингалда рорхун ругоан республикаялъул нухмалъулесда рагIизе къваригIарал суалал. ЭР-ялъе гьес бицунеб буго кинал суалал гьел кколелалиги, жибго гьеб багъа-бачариялъул ккезесеб хIасилалъулги.
Нургьамудин Идрисов: "Гьелъ хайир кьелин ккола дида. Щайин абуни гьеб буго аслияб куцалад гIолилал данде гьарун, гьезул бугеб ресалдаса пайда босулеб тадбир. Нижеца, чIахIияб гIелалъ гьезда нух бихьизабулеб буго, кинаб къагIидаялъ гьеб хIалтIи бачинебали. Дун вуго Казбек мухъалда вугев вакил. Жибго гьеб тадбиралъул мурад буго экология цIуни, ришватчилъиялда ва цогидал мекълъабазда данде къеркьей, тарих лъазаби ва цогидаб...
Нижехъе рачIунел гIарзаби батIи-батIиял руго. Масала, цо мугIалималъ хъвалеб буго жидер школалъул директорлъун тун вугин цеве жидер Газель автомобиль бачунев вукIарав чи. ХIакъикъаталда гьедин бугизеги буго. Гьеб ккола Гуни росдал школа. Гьединго Дилималдаса рачIунел гIарзаби хурхарал руго нухал, газ, электричество гьечIолъиялда. Гьединго хIалтIуде лъугьунелъул гIарац тIалаб гьабулеб букIиналда рарал. Гьедин цIалун яхъун, росулъе ячIарай цо гIолохъанай яс гIодана дие хIалтIуде йосизе къваригIун батани 150 азарго гъурущ тIалаб гьабулеб бугин жиндихъаян. ХIакъикъат чIезабизе кIолареб хIужаги бугоха гьеб, цо рахъалъ. Росдал гIадамазе рукъзал разе кьолеб гIарац буго. Гьеб щвезе ккани, бачIинахъего 50 азарго гъурущ кьезе кколеб буго. ХIалтIи щвезе иргаялда чIарал гIадамазул фондалъги унеб буго ришват хIисабалда гIадамазухъа гIарцул цо пуланаб къадар бахъун. Гьеле гьединал жал руго гIемер дандчIвалел. Гьеб киналъулго бицинеги бицана гIадамаз митингалда".
Амма президентасе кумекалъе рахъарал гIадамазда ракIчIолеб гьечIо Хъазамбиева Шамайил. Гьей ккола Хунзахъ мухъалъул ТIануси росулъа мугIалим.
Шамай Хъазамбиева: "Дида гьаб нилъер халкъалда божилъи бачIунеб гьечIеб - гьазул кIигьумерчилъиялъги хIалихьалъиялъги. Масала, дунго мугIалим кколелъул, дица мугIалимасул мисал бачина. Ришват кьечIого мугIалимасе тIадегIанаб категория чIезабулилан кколищ дуда? ГIабдулатIиповас бищунго рагъ базе кколеблъун ришватчилъи лъидалха рикIкIунеб бугеб... Киналдего гьесул квер гIунтIулищ? ГIунтIуларо. Гьел кумекалъе тарал чагIиги, гъолго чагIи гурищ гъол ругел? Мисалалъе босе ЕГЭ ( цогояб пачалихъияб экзамен). Шагьараздаса гьабщинаб халкъ росабалъе щай бачIунеб бугеб гьеб экзамен кьезе? МагIарухъ кьолеб лъай цIикIкIараб букIунищ? Гуро, гьаниб гьеб кьезе бигьа букIун...
Нилъеца ГIабдулатIиповасе гьабулеб кумек букIинаан ришватал нилъецагоги кьечIого, нилъецагоги босичIого тезе... Щибаб мухъалде цех-рехалде чагIи ритIулел ругила. Гьеб мухъалъул нухмалъулес гьезие битIарабищ бицине бугеб? Квешаб-лъикIаб батIа бахъизе жеги гIун гьечIо нилъер халкъ. КIигоги лъабгоги соналда жаниб хисулеб хIал бугищ гьелъул?
ГIабдулатIиповасе кумек гьабичIони, квалквалгIаги гьабичIого толаро - ришваталги росула... Гьеб буго ГIабдулатIипов вачIиналдего, МухIухъе щвелалдего, МухIамадгIалил мехалдаго, 20 соналда жаниб кьалбал риччараб ришватчилъиги цогидабги хъата-масан лъугIулебищ? Гьединго гьанже гIадамазухъ гIенккараб мехалда, гьев гIагарав гурев чиго гьечIо. Жиндир ясалъул бетIергьанчиясул гьудуласул классцояв вукIун вугила, жидер имгIаласул щивалигойила, ... - гьеле гьединал жалги рицун гIадамаз ГIабдулатIиповасухъе нухал рахъулел руго. Гьелдалъун гьесие квалквалалги гьарулел руго. Дир хIисабалда, гIолилал жиндаго аскIоре цIани лъикI букIинаан гьесие".