Ссылки для упрощенного доступа

Дагъистаналда "афгъаналъулал" рикьун руго


Дагъистаналъул "афгъаналъулазул" данделъи, 15Фев2014
Дагъистаналъул "афгъаналъулазул" данделъи, 15Фев2014

15 февралалда 26 сон тIубана Афгъанистаналдаса советиял аскарал нахъе рачаралдаса. Амма гьеб къо ракIалде щвезабун МахIачхъалаялда афгъаналъулазул ахикь тIобитIулеб данделъиялде киналго афгъаналъулал гуро рачIарал.

Гьедин бицана ЭР-ялъе «Афгъанистаналда рагъарал Россиялъулазул союз» абураб гIуцIиялъул нухмалъулев Шамиль Хадулаевас.

Чанго соналъ цебе МахIачхъала бакьулъ 60 афгъаналъулазе бараб мина кьун буго шагьаралъул афгъаналъулазул бетIергьанлъиялде. ТIоцебе гьединаб мина базе кколин абураб пикру жидеца кьун букIанин квеш букIун бугоан «Афгъанистаналда рагъарал Россиялъулазул союзалъул» вакилзабазда.

Гьединго гъоркьисала 22 январалда гьез республикаялъул тIалъиялде хитIаб гьабун букIун буго Афгъанистаналдаса советиял аскарал нахъе рачаралдаса 25 сон тIубаялъул къо кIодо гьабизе рачIайин, киналго гIахьаллъун, кIудияб даражаялда. Амма хIукуматалъ гьебги жидеего къваригIараб куцалда гьабунин, жалги гъорлъе цIачIогойин бицана Шамил Хадулаевас.

Гьелдаса нахъе гьез лъазабун буго жал кирениги ахIугеянги – масала, школазда, яги цIалул тIадегIанал идарабазда ватIан бокьиялъул рахъалъ тIоритIулел данделъабаздеги.

ПалхIасил, «Афгъанистаналда рагъарал Россиялъулазул союз» абураб гIуцIиялда ракIалда буго афгъаналъулаздехун Дагъистаналда лъикIаб бербалагьи гьечIилан кватIичIого Россиялъул президентасухъе кагъат хъвазе.

Цере Советияб Союзалда гъорлъ рукIарал киналго республикабаздасаса ахIарал дагъистаниязул хIисабги гьабун, Афгъанистаналда рагъулъ гIахьаллъана ункъазариде гIунтIун дагъистанияв. ГьабсагIаталда чIаго вуго гьезул лъабазаргогун нусидаса цIикIкIун чи.

XS
SM
MD
LG