25 сон цебе 1989 соналъул 15 февралалда ахиралде щвана цебесеб соналъул маялда байбихьараб Афгъанистаналдаса советиял аскарал нахъе рачиналъул иш. ИчIго моцIалъ халат бахъун букIана гьев процесс ва гьениса нахъе вачана 100 азарго чиясдасан гIуцIараб къукъа. ИчIго соналъ халат бахъараб гьеб рагъулаб компаниялда чIвана советияв 14 азарго солдатги афгъаназул рагъухъабигун гIадатияб халкъалъул нус-нусазарго чиги.