Совет Союз биххун хадуб рижарал цIиял пачалихъаздаги жибго Россиялдаги, гIемер заман ун букIаниги, хутIулел руго "гIумру нахъе арал" бакIал.
ГIумру нахъе араб анцIго бакI

3
Приморье. 206 номералъул ремонталъул завод чIобого буго щуго соналъ. Рагъулаб техникаялъул аслияб бутIа бикъун буго металлолом хIисабалда.

5
Москва. Ховринил азархана. Гьеб байбихьун бук1ана базе 1980 соназдаго. Гьеб объкт лъугIинабичIого хутIана. Гьеб объекталда сверун руго гIеме-гIемер харбал. Гьеб, цояз абухъего, кколеб буго "квешлъиялъул центр", гьенир данде ракIарулел руго "готал" ва батIи-бат1иял субкультураялъул гIадамал.

6
Припять. 1986 соналда Чернобылалъул атомияб станциялда авария ккун хадуб, гьенисан гIадамал тIагIана.

8
Соцлагералда гъорлъ букIараб Румыниялдаги цо заманалда гIуралъ цебетIураблъун рикIкIунеб букIараб Рошия Поени абураб пахь бахъулеб шахта гьанже буго реххун тараб карьер ва экологияб катастрофаялъул бакI.

9
Чадыр-Лунга абураб Молдовалъул шагьаралдаса аэропланал роржунел гьечIо 20 соналъ. СССР биххун хадуб улкаялъул нухмалъиялъе ресал гIун гьечIо гьеб шагьаралъул аэропорталъул гIумру халат бахъинабиялъе.