Ссылки для упрощенного доступа

"Макьилъ тирулел" политикал жакъаги руго...


Европаялъул жакъасеб тарихалда сверун Австралиялдаса гIалимчи Кэмбридж университеталъул профессор Кристофер Кларкил «Макьилъ тирулел: Кин Европаялъ байбихьараб 1914 соналда рагъ» абураб тIехь шедевр бугин хъвалеб буго "The New York Times" газетаялъ. Гьеб асар бестселлерлъун лъугьун буго жакъа Европаялъул чанго улкаялда. Техьалъул авторасулгун гара-чIвари.

РЭ. - 1914 соналъул 28 июналда Сараевоялда эрцгерцог Франц Фердинанд ва гьесул лъади чIван рукIинчIебани, рес букIанищ ТIоцебесеб дунялалъул рагъ байбихьунгутIиялъе? Цо-цо тарихчагIазни абулеб буго жакъа яги метер кинаб букIаниги конфликт ккечIого хутIизе букIинчIин. Кинаб бугеб дур пикру?

Кристофер Кларк: «ЧIван вукIинчIевани, Фердинад лъадигун Венаялде нахъ вуссине вукIана. АбизегIан вецизе бегьулев чиги вукIинчIо гьев, амма Фердинанд кидаго вукIана Балканазда, хасго Сербиялда бокьарал рагъулал авантюрабазде данде. ГIемерисел доб заманалъул цогидал европаялъулазего гIадин гьесиеги рокьулел рукIинчIо сербал. Балканазул халкъазде гьесул букIана расистазул гIадаб бербалагьи. Амма гьес рахъ кколеб букIинчIо Сербиялда рагъул къватал хIалтIизариялъул.

Нилъеда гьединго лъала, Сербиялде данде рагъул къуват хIалтIизабиялде къого гIан нухалъ ахIарав агрессиявияв генерал, Австриялъул генштабалъул нухмалъулев Конрад фон Хотцендорф хъулухъалдаса нахъе вахъиялъул эрцгергогасда ракIалда букIараблъиги. Фон Хотцендорф хIакъикъаталдаги вукIана жиндаса хIинкъи бугеб фигура. Гьес жиндирго репутация хвезабуна полковник Редлида хурхараб гъалмагъиралъе гIоло.

Гомосексуалиял бехьенал къватIир чIвазариялъул хIинкъиял кьун, гIурусазул хасал хъулухъаз Редл вуссинавун вукIана жидеего пайдагун хIалтIиялде. Гьеб лъугьун буго Конрад фон Хотцендорфида цебе. Франц Фердинандица фон Хотцендорф хъулухъалдаса вахъизе ккечIо, дов хвана 1914 соналда. Амма Франц Фердинанд чIван хадуб бищунго хIинкъи букIарав, рагъ бокьулев генерал Конрада фон Хотцендорфил престиж борхана ва гьелдаго цадахъ цIикIкIана гьесул агрессивияб бербалагьиялъул къадруги.»

ЭР. - Щибха абизе бегьулеб рагъ байихьиялде рачарал цогидал суалазда хурхун? Гьедингоги рукIинчIищ доб мехалда гIемер конфликтал?

Кристофер Кларк: «Цебе чIезабила рагъ гьечIеб хIал. РагIалде бахъинабизе кколеб букIана Польшаялъул суал, рагIалде бахъинабизе кколеб букIана жанубиял славяназул суал. Кин букIаниги, конфликт гIаги ккечIого хутIулароан. Австро-венграл рачIинеги бегьулаан киназего данде кколеб къагIидаялда проблема рагIалде бахъинабизе бегьулеб фазаялде. Гьеб кинабго сценарий цебе чIезабун, абизе бегьула, Европаялда доб мехалда рагъ багъаризе бугин ракI чIун абичIого чIезе рес букIанин.

ЭР. – 1914 соналъул июлалда Франц Фердинанд чIван хадуб, хIалуцин цIикIкIунеб букIана ва гьелъ моцIалъул ахиралда рачана ТIоцебесеб дунялалъул рагъалде. Дур пикруялда, лъида тIад бугеб жавабчилъи Европаялда гьабураб галиялъул?

Кристофер Кларк: «ХIассилалдаги нилъеда бихьулеб буго чIахIи-чIахиял пачалихъал гIуцIараб Европа. Щибаб рахъалъул букIана эгоистияб, цогидазул интересазул адаб гьечIеб хьвада-чIвади. Гьел киналго ана конфликталде.

ЭР. – Цоги къагIидаялъ лъела батани суал. Лъил бугеб гьеб хъакъикъаталда бищунго кIудияб жавабчилъи, Германиялъулищ?

Кристофер Кларк: «Дир гьалмагъас цо нухалъ дида гьикъана гьелъул хIакъалъулъ. Дос абуна: «Нилъеца баянлъизабизе ккола жавабчилъиялъул процент.» Гьесие гьеб жавабчилъи бикьизе бокьун букIана Германиялдаги, Франциялдаги Россиялдаги гьоркьоб. Дицани сияхIалъул тIоцебесеб бакIалда лъезе букIана Венаялъе гIорхъаби лъачIого кумек гьабураб Германия. Хадуб гьелъул мобилизациягун Россия. Дида ккола Австриялъе рагъ лъазабиги сияхIалъул тIоцебесел бакIазда букIине кколин. Хадуб жавабчилъи бащадаб къагIидаялда тIибитIизабизе букIана дица хутIарал рахъазда гьоркьоб. Амма бицен гьабулеб гьечIо гIицIго июлалъул кризисалъул. Франц Фердинанд чIвалелда цебеги Балканазда ахIвал-хIал букIана гIуралъ хIалуцараб ва халкъазда гьоркьосеб ахIвал-хIалги букIана божилъи гьечIеб.

ЭР. – XIX-леб гIасруялда Наполеон къун хадуб, Европаялда гIураб заманалъ загьирлъулеб букIана къуватазул баланс. Хадуб Германиялъе щвана икъбалал, гьеб тIаде ана. Нилъеда бихьухъе халкъазда гьоркьосеб аренаялда руго тIаде унел цоял, гъоркье унел цогидал улкаби. Гьеб ккола геополитикияб ахIвал-хIал баянлъи гьечIеб бугин абураб жо. Бихьулищ гьелде балагьун дуда жакъа доб заманалда релъарал тенденцияби?

Кристофер Кларк: «1914 соналъул ахIвал-хIал жакъасеб дунялада бугеб ахIвал-хIалалда релъараб букIиналъ буго ургъел ккезабун. У, доб заманалъулалда релъараб ахIвал-хIал буго нилъер жакъаги. Ахирисел анкьазда нилъеда бихьулеб буго Украиналъул кризис рагIалде бахъинабизе Евроцолъиялда бажарулеб гьечIеблъи. Дир хасаб пикру буго гьадинаб: q914 соналда релъинлъи жакъасеб ахIвал-хIалалъулгун бугин кризисалъул багьана гIицго Россиялъул президент Владимир Путиница къуват бихьизабулеб букIиналъ гуребги, жибго улкаялдаги жаниб захIматаб ахIвал-хIал букIиналъги. Дие бокьун гьечIо гьанже жавабчилъиял «рикьизе», амма дида ккола, Евроцолъиялъул хьвада-чIвадиялъги Украиналда бугеб ахIвал-хIал хIалуциналъе кумек гьабунин.»

РЭ. - Сербазулги Балканазул цогидал халхъазулги жамгIиятазда жакъаги унел руго бахIсал ликIлъийищ яги квешлъийищ Югославия биххиялдаса, абураб суалалда сверун. Дур кинал ругел пикраби имеприязда, федерациязда ва пачалихъзда хурхун?

Кристофер Кларк: «Дицани абила дие ракIалъе гIолеб букIанин Югославия. Дица Чехословакиялъулги рахъ кколеб букIана. Дица рахъ ккола Британиялъулги. Дица рикIкIуна шотландиялъулал ратIалъизе кколарин Англиялдаса. Дун божула федералиял къагIидабазда. Дир цIакъ кIудияб хьул буго Сербия Евроцолъиялде гъорлъе лъугьине букIиналъулги. Федералиял структураби данде ккола гIадамазе, гIадамазул цебетIеялъе. Амма гьеб данде кколеб букIинчIо жидерго заманалда немцазе ва немцазул мадугьалихъ рукIарал халкъазе, немцаз цогидал рикIкIинчIого гьел тIагинаризе хIукму гьабураб мехалда.

XS
SM
MD
LG