Ссылки для упрощенного доступа

Блогеразул даптар 26 январь – 2 февраль


Гьаб анкьалъ Дагъистаналъул блогераз гьоркьор лъуна ахираб къоязда лъугьарал кIудиял политическиял хиса-басиял. Блогосфераялда тIокIаб батIияб тема букIинчIо гьеб гуреб. Анкьил байбихьуда, итни къоялъул бакъанида Кремлиялъ официалияб къагIидаялъ лъазабуна Дагъистаналда тIалъи хисулеб бугин. АнцIго къоялъ халат бахъарал харбал мухIканлъана. Гьебго къоялъ лъазабуна гъоркь вукIарав Дагъистаналъул нухмалъулев МухIамадсалам МухIамадов Кремлиялъул администрациялда хIалтIизе вугин.

БачIинахъего блогеразда гьоркьоб халлъулеб букIана тIалъи хисиялдаса разилъаразул ва гьелъул гIаксалда, гъоркь вукIарав президент хъулухъалдаса иналдаса пашманлъаразул кIиго батIияб къокъа. КIиабилеб къокъаялда жанире унел рукIана аслияб къагIидаялда тIалъиялде гIагарал, батIи-батIиял хъулухъазда ругел чагIи. Амма гIемерисел рукIана хиса-басияздаса разиго ва киназдего гIагарун гьез загьир гьабулеб букIана тIалъиялдаго гIадин жидер гIумруялъулъги лъикIал хиса-басиял рукIиналда хьул.

Журналистка ПатIимат МахIмудовалда халлъун руго республикаялъул нухмалъи хисигун блогосфераялдаги лъугьарал хиса-басиял. «Эркенлъи» радиоялъе ПатIиматица бицана гьезул хIакъалъулъ.

ПатIимат МахIмудова: «Бищунго дида лъикI халлъана цеве вукIарав президентасул рахъ ккурал цо-цо блогеразул рагъа-рашари. Гьезул цоял, дагьал цIикIкIараб гIелалъул, хIалбихьи бугел тайпаби гьагъав кIиго чиясул кинав президент вукIине вугевали хIакълъизегIан руцIухIун чIун рукIана. Гьелда цере «Твиттерлдаги», «Фейсбукалдаги», «Живой журналалдаги» къойил хъвадарулел рукIарал чагIи, гьеб анкьалъ щибниги хвачIого чIун рукIана. Дида ккола гъол цеве вукIарасул рахъ кквезеги бегьиларин, цIияв президентасул рахъ кквезеги жеги цудунго бугилан руцIцIун чIун рукIанин. Гьеб буго блогеразда гьоркьор загьирлъулел хIелхIелчагIазул цо тайпа. «Твиттералда» гьез хъвалеб жоялъухъ халккун йикIана дун. Нилъер гIадин кутакав президент кивниги вукIинчIин ва вукIинецин гьечIин хъвадарулел рукIана. Рамазан ГIабдулатIипов президентлъун танилан рагIарабго гьезулги хабар къотIана. ЦIияв президент какулев чи дида гIемер вихьичIо, амма божилъи гьечIин жеги абун хъвадарулел чагIи ругоан гIезегIан, щайгурелъул, гъозул пикруялда рекъон, Рамазан ГIабдулатIипов гIемер заманаялъ вукIана федералияб даражаялъул хIакимчи ва гьелдаса пайдаги босун республикаялъе кумек гьабичIо гьес. Дицаги гьеб пикруялъул рахъ ккола. Амма гIемерисел дагъистаниязулго гIадин дир хьул буго гьес хиса-басиял гьариялда.

ЦIияв президентасул кIалъаялдаса бутIа бутIа ккун босун гьоркьоб лъолеб буго блогераз ва гьелда тIаса пикраби загьир гьарулел руго. Бищунго гIемер блогераз гьоркьоб лъолеб буго цIияв нухмалъулес кадровияб политикаялда хурхун гьарурал лъазабиял. Рамазан ГIабдулатIиповас бицана цого цо хъулухъалда гIемер хIалтIарал чагIи тезе гьечIин, тIоцебесеб иргаялда хIалтIуда росизе ругин лъаялъухъ, гьунаралъухъ ва махщелалъухъ балагьун. Гьединго бицана къватIисел регионаздаса профессионалалги рачине ругин ХIукуматалде.

Василав Василов абураб цIаралда гъоркь хъвадарулев блогерас хъвалеб буго нухмалъиялде къватIисан чагIи рачин лъикIаб гали бугин. «Гьанив щив хIалтIуде вачаниги гьесда нахъа кинаб бугониги тухум ялъуни цоги политикияб къуват батула. Жиндир хIалтIулъи гьес тIоцебесеб иргаялда гьеб тухумалъул интересел цIунула. Гьединлъидал къваригIун руго гьанибе бухьен гьечIел гIадамал»,- абун хъвалеб буго гьес «facebook.com» сайталда. ГIали МухIамадов абурав блогерас гIайиб чIвалеб буго президентас гIурус миллаталъул чагIи хIалтIуде росизе ругин гьабураб лъазабиялда. Гьелъулъ блогерасда бихьулеб буго Кремлиялъул тIалъиялъе хIелиялъул гIаламат. «Махщел бугел чагIи росизе ругилан абичIого, гьесие щибизе миллаталъул бицун», - абун хъвалеб буго гьес.

Рамазан ГIабдулатIиповасул хитIабалдаса цоги блогераз гьоркьоб лъураб суал ккана республикаялда хIалтIулел федералиял идарабазда тIад кверщел гьабизе кколин гьес лъазаби. Нухмалъулесул пикруялда рекъон, гьединаб кверщел гьечIебгIан мехалъ регионазул бутIрузе бигьаго букIунаро щибниги хисизабизе. Блогеразул гIемерисез гьеб пикруялъул рахъ кколел буго. Джалал Бутаев абурав блогерас хъвалеб буго, федералиял къуваталъул идараби бакIалъулав нухмалъулесухъ гIенеккулел гьечIин ва жидее бокьараб гьабулеб бугин. Гьезда чангит бачIебгIан мехалъ гьанир инсанасул ихтиярал хвезаризе ругин. Журналистка Зарема ХIасановалъ хъвалеб буго гъоркь вукIарав президентасул рукIараздаса цIикIкIарал ихтиярал ругесул гIадаб вагъа-вашари бугин цIияв нухмалъулесул, гьедин батизе бугин гьеб. Камулел гьечIо гьелда щаклъулелги.

ЦIияв ХIукуматалъул нухмалъулев Мухтар Меджидовасда хурхунги пикраби загьир гьарулел руго блогераз. ГIемерисез гьев рикIкIунев вуго махщел бугев, тухумазда мугъчIвай гьечIев, хIалтIулъ вацIцIадав чилъун. Мурад Даг абураб цIаралда гъоркь хъвадарулев блогерас хъвалеб буго МухIу ГIалиевасул командаялда вукIарав вугониги, цIияв президентас хисичIого теялъ бихьизабулеб бугин гьев иш лъалев ва хIукуматалъе къваригIарав чи вукIин абун. «Дагъистаналда лъикIаблъун рикIкIунеб банк гIуцIарав, лъикIав экономист ва бизнесмен вуго гьев ва гьеб рикIкIине бегьула тIоцебесеб ва битIараб кадровияб хиса-баси» - абун хъвалеб буго Зарема Баматова абурай блогералъ. Камулел гьечIо чагIи хисаниги хIалтIи добго хIалалъ букIине бугилан бицунелги.

Гъоркь вукIарав президент МухIамадсалам МухIамадовасул цIияб хъулухъалда сверухъги бахIсал руго блогеразда гьоркьор. Цояз гьеб рикIкIунеб буго тIадегIанаб даражаялъул кIвар бугеб хъулухълъун, цогидаз хъвалеб буго хIалтIудаса ватIа гьавулеб чиясул ракI хунгутIизе гьабураб гали бугин гьеб Кремлиялъ.

Материалы по теме

XS
SM
MD
LG