Хангишиев ХIамзат абурав блогерас хъвалеб буго, аслияб гIилла кколин дагьалъ цебе банк къалеб бугилан бахъараб ахIи-хIуралъ гIемерисел гIадамаз гIарац бахъун букIин. «Банк хIалтIизе ккани гьениб гIарац букIине ккола. Гьезда божичIого, гIадамаз гьенисанги бахъун цIорол банкаялда гIарац бахчараб мехалъ кин гьеб хIалтIилеб?-, абун хъвалеб буго блогерас.
Цоги блогерасул пикруялда рекъон, гIарац бахъун буго дагьалъ цебе республикаялда хIалтIулеб букIараб финансовияб пирамидаялда лъезе абун гIемерисел гIадамаз банкалдаса гIарац бахъиялъ. Цо-цо блогеразда гьеб лъугьа-бахъиналъ
Гьейгун рази вуго Василав Василов абураб цIаралда гъоркь хъвадарулев блогер. Гьес хъвалеб буго, централияб банкалъ жидерго хIукмуялъе рагьун баян кьунгутIиялъ бихьазабулеб буго гьениб политика гIахьаллъун букIин. «Централияб банкалда асар гьабизе кIолел Дагъистаналдаса финансовиялгун политикиял къуватазе бокьун буго «Экспресс» банкалъул хважаин, Дагъистаналдаса сенатор ГIумаханов Илясида политикияб тIадецуй гьабизе», -абун хъвалеб буго блогерас.
Цо-цо блогеразда гьеб лъугьа-бахъиналъ
Проходимцевасул пикруялда рекъон, моцIрол ахиралда рехсараб банкалдаса киналго гьенисан харж босулел идарабазе харж щвечIони, республикаялда гьитIинабго экономикияб кризис букIине бегьула.
Цойги Дагъистаналъул блогеразда гьоркьоб бахIс бижизабураб тема ккана Гъизилюрт районалъул Чонтаул росулъ букIараб хасаб операция. Гьенир гIисинал лъималазда цере чIван рукIана гьезул эбел-эмен. Къуваталъул идарабазул пикруялда рекъон чIварал кьвагьдолел рукIана ва гранатаби реххулел рукIана. Амма инсанасул ихтиярал цIунулел идарабазул ва чIваразул гIагарлъиялъул пикруялда рекъон, гьел гIайиб гьечIого чIван руго. Блогеразда гьоркьоб бахIсги гьеб кIиго пикруялда хурхун унеб букIана.
Dmitry Kuzmenkov абун цIар бугев блогерас хъвалеб буго гьеб лъугьа-бахъиналъ
ХIусенов Салимгерей: «Гьеб лъугьа-бахъин ккезегIан жеги гIемерал гьединал ишал рукIана. ЦIех-рех гьабичIого гIадамал чIвай гIадатияб ишлъун лъугьун буго Дагъистаналъе. Заман анагIан тIадеялдаса тIаде цIикIкIун ва бигьаго чIвалел руго гIадамал. Бокьараб къоялъ рачIун тIубараб хъизан гъураниги гьелда гIажаиблъи гьабизе бакI хутIун гьечIо. Дир бищунго ццин бахъараб хIужа буго, дица информалатазда гьабураб лъазабиялда данде Гъизирюрт мухъалъул полициялъул нухмалъулес гьабураб лъазаби. Гьес бицунеб буго гьел кьвагьдолел рукIанин. Жидедаго чIезаризе кIоларел жал рицунел руго гьез. Мисалалъе, граната реххулеб букIун батани, гьеб кьвагьизе кколелъул, гьелъул лъалкIал хутIизе кколелъул. ГIагараб заманалда дун ине вуго Москваялда гьеб суалалда хурхун гIарза хъвазе. Гьанир Дагъистаналда гьезда тIасан гIарза гьабиялъул магIнаго гьечIо».
Рокъор лъималги ругого гьел кьвагьдеялда божулей гьечIо блогер Татаева ХIава. Амма гьейгун рази гьечIо блогер Мурадов Къурбан. «Щибаб хасаб операция лъугIун хадуб бицунеб буго гIайиб гьечIого чIваразул. ГIеларищ гьелъул бицунеб?»,-абун хъвалеб буго гьес. Блогер МухIамадов Тамерланица бицана «Эркенлъи» радиоялъе, гьединал суалазда хурхун Дагъистаналъул блогосфера кIийиде бикьун бугин. Бокьараб хасаб операция лъугIун хадуб гьеб загьирлъулеб бугилан.
Гьединал рукIана гьаб анкьалъ Дагъистаналъул блогераз гьоркьор лъурал аслиял суалал.
Гьаб анкьалъ Дагъистаналъул блогераз гьоркьор лъуна батIи-батIиял суалал. Бищунго гIемер рехсолеб букIана «Экспресс» банкалда сверухъ бугеб ахIвал-хIал. АрбагI къоялъ, банкалъ лъазабуна жидеца гIарцул операциял гьарулел гьечIилан. Блогеразул цебеккунги чанго нухалъ гьеб банкалда сверухъ бахъараб ахIи-хIур гьоркьоб лъолеб букIана, амма гьаб нухалъ киналго божун ругоан, банкалъе ахир щвеялда ва кватIичIого гьеб къазе букIиналда. «Facebooс.com» сайталда Мурад Даг абураб цIаралда гъоркь хъвадарулев блогерас рикIкIунеб буго, банк къаялъе гIиллалъун кколин гьенир рукIарал финансовиял гIунгутIаби. Гьесул пикруялда рекъон, банкалъ гIемер гIарац босун буго къарзалъе ва хадуб бецIизе кIвечIого Централияб банкалъ гьукъун буго гьезул хIалтIи.