Гьаб анкьалъ Дагъистаналъул блогераз бищунго кIудияб кIвар кьураб лъугьа-бахъинлъун ккана 26 октябралда Москваялъул Космос гостиницаялда тIобитIараб Дагъистаналъул халкъазул съезд. Жибго съезд тIобитIилалдего тIубараб анкьалъ гIодоб толеб букIинчIо блогераз ва журналистаз гьеб тема. Съезд гIуцIулел рукIана «РитIухъаб Россия» партиялъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул нухмалъулев ГIумаров ХIажимурад ва цеве республикаялъул Пенсионнияб фондалъул бетIерлъун хIалтIун вукIарав, гьабсагIаталда хIалтIи гьечIого вугев Амутинов Амучи.
Интернет-годекIаниб гьеб тема гьоркьоб лъолел киназго гIадин рикIкIунеб букIана съезд тIобитIулезда хадур цоги батIиял къуватал ругилан. Рехсолел рукIана Москваялда ругел Дагъистаналдаса бизнессменал-миллиардерал Сулейман Керимов ва Зияудин МухIамадов. Цояз тасдикъ гьабулеб букIана гьеб пикру, цогидаз щаклъи загьир гьабулеб букIана. Мисалале, Facebook.com сайталда блогер Эмирова Алинаца хъвалеб буго рехсарал бизнессменазул
Кермлиялъулгун лъикIал бухьенал ругин, гьезие гьанжесеб Дагъистаналъул тIалъиялде данде щиб бугониги гьабизе бокьун букIарабани, кинабгIаги съезд тIобитIичIого, жидерго политикияб къуватги хIалтIизабун тIаса реххианилан гьез бокьарав чи гьаниса. Гьейгун рази гьечIо блогер Арсен Расулов. Гьесул пикруялда рекъон рехсараб съезд буго улкаялъул тIалъиялда рукIинисел рищиязда жидеда хадуб гьадигIанасеб халкъ бугилан бихьизабиялъе гIоло, рехсарал бизнессменазул цояз гьабураб политикияб гали.
«Цере-цере Амучигун ХIажимурадги тункун, нахъасанги вукIун цо чияс кинабго рекъезабулеб буго. Дир пикруялда гьеб съездалъул хIакъалъулъ Кремлиялъул кабинетахъе информация щвани, гьел щаклъизе руго гьанжесев республикаялъул президентас гIадлу чIезанибизе кIвеялда. Москваялъе гьанив гIадлу гьабизе кIолев, жинда гIадамал гIенеккизаризе кIолев чи къваригIун вуго. Гьединав вугин, киналго политикиял къокъабазде гIагарав вугилан ккун тунги вукIана гьев президентлъун» - абун хъвалеб буго блогерас.
Съездалде унел делегатазул автобусал цояб полициялъ ккун, цогидалъул бурдузда гулби речIчIиялъул хIужабиги рукIана. Съездалъул рахъ кколез ва делегатаз рикIкIунеб буго гьеб ургъунго гьабун бугин тIалъиялъ жал Москваялде риччангутIизе. Президентасул рахъ кколел блогераз, ва информациялъул министр ХIажиев Нариманица Livejournal.com сайталда хъвалеб буго жидеего рецц букIиналъе, съездалда аскIоб ахIи-хIур бахъинабиялъе гIоло гьабун бугин гьеб иш съезд гIуцIулез. Гьелдаго релълъараб пикру загьир гьабуна ЭР-ялъе блогер МухIамадов Тамерланица.
МухIамадов Тамерлан: «Съезд гIуцIаразе бокьун букIана Дагъистаналъул халкъ бугеб къваридаб захIматаб хIал бихьизабизе гуреб, жалго ккараб бакI бихьизабизе Дагъистаналъул ва Россиялъул тIалъиялда. Цереккун республикаялъул политикияб гIумруялда гIезегIан бакI кколеб букIарал политикал гьабсагIаталда политикаялдаса рикIкIад хутIун руго ва гьизие жалги ругин гьанир абун бихьизабизе къваригIун буго. Дагъистаналъул президентасул рищиял кватIичIого рукIине руго ва гьанжего байбихьун буго политикияб къеркьей.
Гьезул цонигияс живго Дагъистаналъул президентлъун вукIине бегьулилан рикIкIунеб батиларо, амма рукIинисел рищиязда жал рикIкIине кколеб къуват бугилан бихьизабизе бокьун букIин, гьеб якъинаб жо буго. Дида ккун букIана кинаб бугониги резолюция ялъуни хIукму букIини съездалъул, амма гьеб дида бихьичIо жеги. Кидаго гIодовиччан вукIунев, цIодоров политикилан кколев Амучи Амутиновги гьеб ишалде гъорлъе жуваялдаги дица гIажаиблъи гьабулеб буго. Кин бугониги, балагьилин щиб ккелебали, заманаялъ бихьизабила кинабго».
«Черновик» газеталъул журналист МухIамадов Русланица хъвалеб буго съезд гIуцIун бугин Сулейман Керимовас. Гьес хъвалеб буго 20I0 соналъ Дагъистаналъул тIалъиялде МухIамадсалам МухIамадов ккезе кIудияб кумек гьабун букIун бугин Сулейман Керимовас. Амма гьанжелъагIан президентас олигархасда цере жинца тIаде росарал суалал тIуран гьечIилан. «Сулейман Керимовасда цереги, МахIачхъалаялъул мэр Саид Амировасда цереги жинца тIаде росарал масъалаби гьес тIуран гьечIо, гьабсагIаталда Дагъистаналъул президентасул бухьен Зияудин МухIамадовасулгун цIикIкIун буго. Гьединлъидал съезд гIуцIарав чи Керимов вугилан рикIкIине бегьула»-абун хъвалеб буго журналистас.
Жибго съезд тIобитIана 26 октябралда Москваялъул Космос гостиницаялда. Съездалда делегатлъун йикIарай журналист Мансурова Саниятица ЭР-ялъе бицана гьеб съезд тIобитIиялъул хIакъалъулъ ва гьелъул хIасилазул.
Мансурова Саният: «Съезд гIуцIиялъул рахъ лъикIаб букIинчIо, амма информационнияб рахъ лъугьанилан абизе бегьула. ГIадамазе ихтияр щвана трибунаялдаса жидерго масъалабазул бицине. Бицунеб букIана Дагъистаналда ругел киналго проблемазул, киназдаго лъалел, амма лъицаниги роцIцIунарел суалазул хIакъалъулъ. Цере рахъунел рукIана къуваталъул идарабаз гIагарлъи араб бакI лъачIого хъамун арал, жидер лъимал чIварал, рейдераз ракьал рахъун арал гIадамал ва гьел гурел цоги масъалабигун чагIи.
Цере лъолел рукIана гIемер республикаялъул информалатаз рорхарал, амма кинабгIаги хIасил кьечIел проблемаби. Щибниги цIияб жо гьеб трибунаялдаса бицинчIо, кин бугониги, кIалъазе рес щвана республикаялда кIалъазе рес щвечIел киналго гIадамазе. Съездалъул хIукму ккана Дагъистаналъул нухмалъулезде божилъи гьечIолъи загьир гьабизе ва Россиялъул Президентасде рагьараб хитIаб гьабулеб буго МухIамадсалам МухIамадов заман щвелалде хIалтIдаса нахъе гьавизе кколилан».
Гьединго Мансурова Саниятица бицана съезд лъугIун хадуб гьеб тIобитIулез чанго чи Москваялдаса нахъ руссине гIарацги гьечIого, регизе бакIги гьечIого рехун танин Космос гостиницаялда. Гьединлъидал жидер чанго чияс гьел нухмалъулездаса рази гьечIолъи загьир гьабулеб бугин.
Мансурова Саният: «Сон нижер рикьи ккана. ХIажимурад ГIумаровас I3 чи рехун тана гостиницаялда, нахъе ине ялъуни гостиницаялдаго чIезе гIарацги гьечIого. Жалгоги рокъоре ана. Гьединлъидал, нижер хIукму ккана интернеталдаса кумек гьаризе дагъистанияздаса. Нижеца гIажаиблъи гьабуна, кумек бачIана Дагъистаналъул президентасул командаялдаса. РачIана экономикаялъул министр ва информациялъул министр Нариман ХIажиев. Нижее гостиницаялда чIезе бакI гьабуна ва рокъоре роржине гIарац кьуна. Гьеб кумек щвелалдего нижеца хIукму гьабун букIана гьев чияс жидер электорат гьедин рехун толеб бугони кIвар гьечIого, гьединав чи рехсараб жамгIияб идараялъул нухмалъуда вукIине бегьуларин, нижеца гьесда божии гьечIолъи загьир гьабулеб буго».
Москваялда букIараб съездгун цо къоялъ букIана тIолалго бусурбабазе гIахьалаб Къурабан-байрам. Цебехун рехсараб темаялда данде ккун Дагъистаналъул блогераз гьелде дагьаб кIвар кьолеб букIана. Бицунеб букIана Москваялда Къурбан къоялъ къватIазда какал ралел бусурбабаздаса москваялъулаз разилъи гьечIолъи загьир гьабиялъул. Гьеб темаялда хурхун «Эхо Москвы» радиоялъул сайталда бахъараб макъалаялда тIаса бахIс гьабулеб букIана Facebook.com сайталда. Москваялда гIумру гьабулей Заира ГIабдулаева абурай блогералъ рикIкIунеб буго Москваялда къотIнор какал раялъ гьезул бусурбабаздехун рокьукълъи бижизабулеб бугилан.
«Дида рихьана къватI бакьулъ как балел гIадамал, кин гьениб как балеб?» - абун гIажаиблъи гьабулеб буго гьелъ. «КъотIноб бачIого киб балеб, чанго нусазарго бусурбанчи вугеб Москваялда гьезие гIурал мажгитал гьечIони. Москваялъулазе бокьун гьечIо мажгитал разеги, гьелдаго цадахъ мажгит гIоларого къотIноб как балеб мехалъги бокьулеб гьечIо, щибха гьез гьабизе кколеб?» - абун суал кьолеб буго цойги блогерас.
Москваялъулазе бокьун гьечIо мажгитал разеги, гьелдаго цадахъ мажгит гIоларого къотIноб как балеб мехалъги бокьулеб гьечIо, щибха гьез гьабизе кколеб?» - абун суал кьолеб буго цойги блогерас.