Щуго соналъ цебе Россиялда ва Гуржистаналда гьоркьоб къокъаб рагъ багъарун букIана. Гьелъул хIасилалда нус-нус чи чIвана, аза-азар чи рукъзал гьечIого хутIана, гIемерал росаби ва шагьарал риххана. Гьелъие гIиллалъун ккун букIана Гуржиялдаса ратIалъараб Жанубияб Гьиристаналда жидерго низам къуваталдалъун тIад чIезабизе гуржиязул тIадтараз гьабураб къасд.
Шуго сон тIубана Гуржистаналда рагъ багъараралдаса

16
22 август. Гуржистан тун дагь-дагь ккун Жанубияб Гьиристаналде унел гIурус аскариял.

17
22 август. Цхинвал. Жиндирго биххараб рукъалде тIад юссарай гьирияй.