Гьелъул хΙакъалъулъ бицунеб буго Нью Йоркалда бугеб «Рагьараб ЖамгΙият» абураб институталъул цΙияб докладалда. Гьелда рекъон, 54 улкаялъ кумек гьабулеб букΙун буго къануналде данде кколареб къагΙидаялда ЦРУялъул хасаб программа гΙумруялде бахъинабизе. Гьез кумек гьабулеб букΙун буго терроризмалде щаклъи бугел чагΙи туснахъазда ккун чΙезаризе ва гьикъа-бакъиял гьариялъе къватΙисел пачалихъазде гьел ритΙизе. Докладалда мухΙканго бицунеб буго гьединав 136 чиясул къисматалъул хΙакъалъулъ. Гьел жидерго улкабаздаса къватΙире ритΙулел рукΙун руго юридикиял процедурабицин тΙуразаричΙого. Гьединго ккурал гΙадамазе гΙазаб кьолеб букΙун буго.
Докладалда бицунхъе, 2001 соналъул сентябралда терактал гьарун хадуб анцΙго соналдасаги, гьел гΙадамал ккун чΙезарун рукΙун руго «къанунал хΙалтΙуларелин» абулел бакΙазда.
Докладалъул авторазул цояй Амрит Сингхица абулеб буго, ЦРУялъул балъгояб программаялда къватΙисел пачалихъал гΙахьаллъи кколин, гьел улкабаздаги Цолъарал штатаздаго гΙадаб жавабчилъи бугин абурабин.
Амрит Сингх: «Докладалда бихьизабухъе, 54 хΙукуматалъ батΙи-батΙиял формабазда, гьездаго гъорлъ жидерго территориязда ЦРУялъул балъгоял туснахъал рагьизе изну кьеялъ, цогидал бакΙаздаса туснахъал гьенире щвезаризе рес кьеялъ, гьел кквеялъе багьаналъун бахъараб миллиял хасал хъулухъазул балъгояб информация ЦРУялъухъе кьялъ, гьел ва цогидал къагΙидаби хΙалтΙизариялъ, гьел улкаби гьарулел руго тΙолабго дунялалда гΙазаб кьеялъул система гΙуцΙиялъул жавабчилъи бугел рахъаллъун.»
Нью Йоркалда кΙалъалаго, Сингхица лъазабуна, ЦРУялъе кумек гьабулеб букΙараблъиялъе далилал жидее ратанин Европаялъул 25 улкаялда, Азиялъул Ι4, Африкаялъул Ι3 улкаялдайин. Гьелде тΙадеги, гьелъие квербакъи гьабулеб букΙун буго Канадаялъги Австралиялъги.
Америкаялъул Централияб цΙехх-реххалъул идараялъул балъгоял туснахъал рукΙарал улкабазда гъорлъ Рагьараб жамгΙияталъул институталъул докладалда рехсолеб буго Афгъанистан ва Румыния.
ЦРУялъ щаклъи букΙун ккурал доре гьанире щвезариялъе хΙалтΙизарурал аэропланазе жидерго территорияздасан транзит рагьарал улкабазул сияхΙалда руго Азербайджан, Босниягун Герцоговина, Хорватия, Чехия, Македония, Румыния ва Узбекистан.
Терроризмалъул щаклъи бугел ккун ЦРУялъехъе гьел гΙадамал жидецаго кьурал улкабазда гъорлъ руго Азербайджан, Грузия, Иран ва Македония.
Докладалда гьединго абулеб буго, 2002 соналъул марталда ираналъул нухмалъиялъ Афгъанистаналъул хΙукуматалъухъе кьунин гьединав Ι5 чийин.
Ахириселъин абуни, гьел гΙадамал кьолел рукΙун руго Цолъарал штатазул рахъалъухъе.
Сириялда, Мисриялда ва Иорданиялда Афгъанистаналдаго гΙадин гьединал гΙадамазул гьикъа-бакъи гьабулеб букΙун буго гΙазаб кьеялъул къагΙидабиги хΙалтΙизарун, гьеб докладалда рекъон.
Сингхил рагΙабазда гьабсагΙатги гьел улкаби мукΙурлъулел гьечΙо жидеца халкъазда гьоркьосел къанунал хвезарун рукΙаналда ва разилъулел гьечΙо жидерго къурбаназе колмпенсацияби кьезе. Гьез рикΙкΙунеб буго, гьеб букΙанин жидер моралиляб борчин.
Амрит Сингх: «Къанунияб ва моралияб рахъазул бербалагьиялдаса Цолъарал штатаз ва гьелъул киналго партнераз хΙакъикъат къабул гьабизе ккола, гьел мукΙурлъизе ккола жидеца инсанасул ихтитярал хвезарун рукΙиналъе. Гьез жидерго къурбаназе компенсация кьезе ккола. Гьелъул кΙудияб кΙвар буго ритΙухълъиялъул рахъалдаса гуребги, гьединал хΙужжаби такрарлъунгутΙиялъул къварагΙелалъул рахъалдаса балагьиниги.»
ЦРУялъул балъгоял операцияби Цолъарал штатазда гьенжеги ккола цΙакъ хъачΙаб дискуссиялъул темалъун. Джордж Бушил адмирнистрациялъул вакильзабаз абулеб буго, жидеца улка цΙунулеб букΙанин гьединаб къагΙидаялда цогидал тΙадекΙанцΙияздасайин.
Президент барак Обамаца гьукъана ЦРУялъе гьединал къагΙидаби хадурги хΙалтΙизаризе.

Чарльз Рекнагель