Иллюстратор Александр Комяховас ва журналист Прыймаченкоца гIуцIун буго Киевалъул Евромайданалда гIахьаллъулезул гIамм гьабураб сурат.
Евромайданалъул асар: баррикадабазда ругел гIадамал

1
Украиналъул биххизабураб хIукмуталъ протесталда гIахьаллъулел террористалгун дандран хадуб, автораз гIуцIун гьел "террористазул" хасиятиял суратал. Гьаб сураталда чIужугIаданалъ Незалежности майданалде щвезарулел руго медикаментал; "Лексусалъул" бетIергьанлъун кколев икъбал щолев бизнесчияс щвезабулеб буго гьенибе шинаби ва бензин; сакъатавин абуни, хIадурулев вуго ОМОНалде дандечIеялде.

2
ТIоцебесеб сураталъе кьезе бегьула "Рокьи ккарав террорист" абун цIар: жиндирго йокьуледаса метроялда аскIоб ваталъун гIолохъанчияс баччун унеб буго цIорол цIураб таргьа (гьел баррикадаби гIуцIиялъе хIалтIизарула); "Валя-ада" резинаялъул гулла щун цо къоялдаса нахъ юссуней йиго майданалде; "ГанчIихъан" абураб тIокIцIар бугев гIолохъанчияс гамачI бахъулеб буго жиндирго васасул фирмаялъе къватIазда гамачI чIваялъул тIадкъаял гьарун машгьуралъарав вукIарав киевалъул мэр Александр Омельченко ракIалде щвезавулаго.

3
Рукъуе унеб нухда чIужугIаданалъ таргьинибе гIазу бакIарулеб буго баррикакдабазде щвезабиялъул мурадалда; динияв хъулухъчияс ТIадегIанасда гьарулеб буго протесталда гIахьаллъулел цIунеян; гIолохъанай ясалъ гIамал гьабулеб буго цIороялдаса жийго цIунизе, квачалей йикIниги, гьелъ Евромайданалда хадуб халкквей халат бахъинабулеб буго.