Россиялъул жамгΙияб телевидениялъул цΙиял харбал цΙалулел дикторал ралагьиялъул кастингалда рукΙуна цо-цо сюрпризал. Хасго претендентазда улкаялъул ва дунялалъул хΙакъалъулъ бугеб лъаялда хурхарал.
ЦΙиял харбал цΙалулеб къагΙидаялде балагьи гуребги, гьезие кьолел руго батΙи-батΙиял суалалги, «ЧΙухΙи щиб кколин?» абуралдаса байбихьун «Кинаб бугеб испаниялъул нухмалъиялъул системаян» абуралде щвезегΙан.Цо-цо претендентазда бажаричΙо Волга гΙор кибе чваххулеб бугин лъураб суалалъецин битΙараб жаваб кьезе.
Претендентазул жавабазде балагьун, жиндирго ракΙ хун букΙин загьир гьабулеб буго Россиялъул жамгΙияб телевидениялъул нухмалъулев Анатолий Лысенкоца.
Анатолий Лысенко: «Дир цΙакъ ракΙ хвезабулеб буго гьеб хΙакъикъаталъ. Журналист вукΙине ккола лъай бугев, жо лъазе бокьулев чи. Журналист вукΙине ккола кидаго цΙалдолев. Гьес лъай босизе ккола Википедиялдаса гуреб, тΙахьаздаса.»
Россиялъул жамгΙияб телевидение рагьиялъул пикру загьир гьабун букΙана вукΙарав президент Дмитрий Медведевас. Гьесул буюралда рекъон, Ι январалде Россиялда хΙалтΙизе байбихьизе кколеб букΙана «эркенаб цензура ва реклама гьечΙеб телевидени». Амма жакъаялде хΙалтΙулеб буго гΙицΙго ОТРалъул сайт. Бихьизабураб цΙияб болжалалда рекъон, телевидениялъул трансляция байбихьизе кколеб буго 19 марталда.