Ссылки для упрощенного доступа

Лъимер бухарасе-лъабго сон, 80 чи вухаразе щибниги гьабичIо


Полициялъул хIалтIухъабаз 15 сон барав АхIмадов МахIмуд вухиялда бан кIиго соналъ халатбахъараб диван ахиралде щвана.

Борлъарулеб алат бикъун букIиналъе мукIур гьавизелъун МахIмуд вухарав полициялъуласе туснахъалъул лъабго сон кьуна. Гьезул жеги кIигоял рукIана. Гьезие диван батIаго гьабизе бугин бицана Эркенлъи радиоялъе МахIмудил эбел ГIайшатица. Рази йигищин мун диваналъул хIукмуялдасайин гьикъидал, гьабщинаб заманалда жаниб диваназде-нахъе рекерун чIалгIанин жаваб кьуна гьелъ.

ГIайшат: «РазилъичIогойин ккезе жо щиб бугеб гьелъул. Гъозиеги гIезегIан жо гьабуна – халкъалда суризеги гьаруна, киназдагоги рагIизаруна. Гьанже хIалтIуда хутIизеги къваригIун рагIула гъозие. КьабичIин абейин хьвадулел ргуо нижехъе. КьабичIин кинха абилеб? Абиларилан чIун васги вуго. Мун кьабичIила, эбел, гьез жив кьабунила»

Доб мехалда МахIмудил 13 сон букIана. ГIинкълъизегIан вухун вугин полициялъулаз гьевилан кутакаб ахIи-хIур бахъинабун букIана доб мехалда жамгIиял хIаракатчагIазги журналистазги. Гьелдаса нахъе араб кIиго соналда жанибги васасул сахлъи тIадеялдаса тIаде загIиплъулеб бугин бицана эбелалъ.

ГIайшат: «МахIмудида рокъоб щибгIаги хIалтIи малъизе кIолароха. БетIер унтунин, мугъ, къаркъалаго унтулеб бугин вукIуна кидаго. Сах гьавизе вачине къваригIун вуго. Заман анагIан хIалакълъулев вуго».

Къанун цIунулез жалго жидецаго рахчи, тамихIалдаса рорчIизе цоцазе санагIалъаби гьари гуребги, жидедаго тIадаб хIалтIи гьабунгутIиялъул хIужабиги руго Дагъистаналда. Масала, гьал къоязда Дагъистаналъул жанисел ишазул министрасухъеги прокурорасухъеги гIарза хъвазе ккун буго Хасавюрталдаса ГIазизов ГIазизханица.

Къойилго гIадамал тIагIунеб, рикъулеб, чIвалеб республикаялда гьединаб хитIаб гьабиялъе гIиллалъун ккун буго арматураялъул 8 тонна бикъи. Арматураялъул бетIергьанасда квеш букIун буго жинца цIогьорасул цIар бицаниги шагьаралъул полициялъ гьеб хIужаялъул сангицин гьабичIолъи.

Хасавюрт шагьаралъул рагIалда мина базе жанибе сверизабураб бакIалъа 200 азарго гъурщил багьаяб арматура бикъун арав чиги гьеб бичарав чиги жинцаго валагьун вуго

Арматураялъул гIаммаб цIайи 8 тоннаги хадубги кколеб рагIула. Бикъарав чияс арматура щвезабун буго «Устар» абулеб тукаде. Гьеб тукадул бетIергьан Султанида лъалебги букIун бугин арматура бикъараб букIин, лъаниги бичунги бугин бицана Эркенлъи радиоялъе ГIазизов ГIазизханица. Султангун цадахъ шаргIалъул хIукму къотIизе мажгиталдеги ун вукIун вуго

ГIазизов ГIабдулгIазиз: «ХIежалдеги арав, саламатав чи вугоха гьев. Дица абуна гъосда дармида гьоркьоб рацIцIалъи бокьун бугищ дуеян. Бугин абуна гъос. Гьбе мехалда анаха мажгиталде дибирасухъе. Чияр букIинги лъан бичараб арматура Султаница нахъбуссинабизе кколин дибирасги абуна».

ГIабдулгIазизица гьеб иш цин квер хьвагIун тун букI буго, амма нахъойги ракIалде ккун буго 200 азарго гъурущ гьедигIан дагьаб жо гурилан.


ГIазизов ГIабдулгIазиз: «ГьабсагIаталда нахъе щвечIониги метер къоялъниги щвела гьеб дие. Нагагь щвани, дица гьеб мажгиталдеги босун гарам хутIичIого бикьизе буго».
Гьедин ритIухълъи балагьулеб кIиго сон унеб буго Хасавюрталда чIарав Гумбет мухъалдаса ГIабдулгIазизил.

ГIазизов ГIабдулгIазиз: «Республикаялъул жанисел ишазул министрасухъеги прокурорасухъеги дица хъвараб гIарзаялъул хIасил ккелин ккун бугоха дида. Гурони щиб жоха гьаб кколеб – я дир арматура нахъе щолареб, я цIогьор кколареб – гьедин букIине бегьилищха?!»

Гьебщинаб жо Хасавюрталъул полициялдаги лъала. Амма гьеб цIогьалъул цIех-рех гьабиялъул ишгицин гьез байбихьун буго гIицIго ГIабдулгIазизица полициялде гIарза хъван микьго къоялдасан. ЦIогьорасул цIарги, гьев вукIунеб бакIги, гьес арматура бичарав чиясул цIарги, тукенги, гьеб арматура тIад лъезе бачIараб кIудияб автомобилалъул бетIергьанасул цIарги хъван кодобе кьун хадуб полициялъ гьеб хIужаялъул хъвай-хъвагIай гьабун буго рагьичIеб такъсиралъул гIадин.
ТIадежоялъе жинда къанунал лъангутIиялдаса пайдаги босун полициялъ тIубан батIайисан хисизабун батанин жинцаги дов Султан абулев чиясги бицанщинаб жо.

Гьединанго, тIубан хисизабун бугин гъоркь МухIарамкент мухъалъул Советское росулъ ккараб хIужаги, берда бихьулаго тамихIалдаса рорчIизе санагIалъи гьабун бугин полициялъулазегийин абураб баян тIибитIизабуна журналистаз I3 июлалда республикаялда.

Мажгиталда какал ралев вукIарав 80 чи вухун вукIана араб соналда гьенив. ГIадамаз абулеб буго полициялъулаз гьабунин гьеб. Сурав босулелъул гьез рицарал цIаралги руго гьезул. Амма гIайиб лъиде гIунтIизабилебали чIезабизе кIунгутIиялъ гьеб ишалъул цIех-рех чIезе тун буго цIех-рехалъул комитеталъ. Дол гIадамаз рехсарал полициялъулазул цIарал ккола МухIарамкент мухъалъул полициялъул нухмалъулев хисулев Багьавудинов Багьади, Советское росдал полициялъулав ГIалиев Ямудин, полициялъул мухъилал хIалтIухъаби Каролиев Бахтияр, Гюльметов Кемран ва цогидал.
XS
SM
MD
LG