Анкьил суратал
1
Индия. Мадхья-Прадеш. Орчха абураб бакIалда индиялъул чIужугIаданалъ тIобитIулеб буго радилисеб динияб тадбир.
2
Россия. Омск. 9 июль. Иван Купалал къоялда. Дин баккилелда цебесеб заманлдасаго щвараб байрамалда гIолохъаби цIаялдаса тIасан кIанцIула ва хIоразда чурдола.
3
Афинаби. Греция Евроцолъиялъулгун бахIсазда бугеб заманалда. Миллияб банкалъул бутIаялъул нуцIида пенсионерасул квер.
4
Босния. 20 соналъ цебе сербазул генерал Ратко Младичил солдатаз чIварал Босниялъул бусурбабазул 136 жаназа. Щал гьел гIадамал рукIаралали чIезабизе бажарун буго ДНКаялъул анализалъул кумекалдалъун 12 моцIалда жаниб.
5
Киев. Днепралъул кьоялда тIасан кIанцIулел лъимал.
6
Донецк. Иргадулаб кьвагьдеялъ балагь щвезабун буго иргадулаб рукъубе
7
Украиналъул рагъулаз ругьун гьарулел руго волонтерал Мариуполь шагьаралда.
8
ГIиракъалъул шиитаз ракетаби риччалел руго Фаллуджа шагьаралда ругел "Исламияб пачалихъ" гIуцIиялъул позициязде.
9
Греция. Салоники шагьаралда. Кризисалъул фоналда.
10
Армениялъул полициялъулаз риххизарулел руго электроэнергиялъухъ багьа борхизабиялде данде протест тIобитIулезул баррикадаби.
11
Донбасс. Рагъалъул лъалкIал.