Гьаб соналъул сентябрь моцIалда КIванада росдада гIагарлъухъ бугеб рохьоб изну гьечIого яргъид гIуцIаразул мигьир батанилан лъазабуна Терроралда данде къеркьолеб комитеталъул( НАК) вакилзабаз.
КIванада росдал бегавул ХIадис Хизриевас, «Эркенлъи» радиоялъе баян кьолаго, абуна гьеб операция тIобитIизе рачIарал нус-нус аскариял бащдаб моцIалъ росулъ чIун рукIанилан.
Цереги чанго нухалъ тIоритIана КIванада хасал операциял. Масала, 27 июналда хасаб тадбир гьабулаго, лъукъана ракълилал гIадамал – Динара Баталова ва ГIали ГIалиев. Гьелъул хIакъалъулъ гьадин бицана Хизриевас.
ХIадис Хизриев: «Гьеб операция тIобитIулеб бакIалдаса ракълилал гIадамаз нахъе рачинчIо аскарияз. ГьитIинаб кIиго лъимадул эбел Баталовалъул рокъобе бачун букIана БТР, хур-ахги хвезабун. Рос ГIалиев ГIабдулнасиргун цадахъ аскариязул гулбузул цIадакье ккана гьей. Гьезул мина кьвагьизабизехъин букIана низам цIунулез.
Мадугьал Халилихъеги кIалъан, гьевги къватIиве вачIун, хIала-малалъ, гьенив «рохьилазул» амир Нажмудин гьечIилан бичIчIизабизе бажарана. Гурони, сверухълъиго щущазабизе ракIалда букIана аскариязда. Гьеб рукъалда аскIосан ун вуго Нажмудин, нахъе къалаго.
Амма ГIалиевазул хъизаналъулгун щибго гIагарлъи гьечIо гьесул. Гьезул рокъосан кьвагьданин Нажмудинилан гьересинугIлъи гьабулел чагIиги рахъана. Цо жидерго рагъухъан чIваялъ рихха-хочун, гьабилеб жо лъаларого рукIана аскариял.
Баталовалда бохалда гулла щун гIезегIан мех бан буго. Гьабизе жоги тIагIун, кроваталда гъоркь рахчун рукIун руго гьел. Росдал бегавул хIисабалда, дунгоги дагIбадизе ккана аскариялгун».
27 июналда ЦIумада мухъалъул изну гьечIого яргъид гIуцIаразул амир Нажмудин Нажмудинов ва гьесул лъади чIвана КIванада росулъ. Гьедин лъазабуна НАКалъ.
ЦIумада мухъалъул нухмалъулев хисулев МухIамадрасул Гагиевас тIуразарула хIинкъи гьечIолъи цIуниялъул суалал. «Эркенлъи» радиоялъе гьадинаб баян кьуна Гагиеваc.
МухIамадрасул Гагиев: «Заманалъулаб оперативияб къокъаялъул (ВОГ) кIинусгогIан чи вуго нижер мухъ-ракьалда. Гьелда гъорлъ руго ФСБялъул, МВДялъул ва цоги къуваталъулал гIуцIабазул рагъухъаби. Руго Чачанлъиялдаса «къадировалги». Липецкалъул полициялъул 70 чиги вуго. РОВДялда 150 хIалтIухъан вуго. Изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къого чи вуго ЦIумада. Гьезул кIиго къокъа буго – кIванадисезул ва эчедисезул».
Пачалихъалда данде чIарал «рохьилал» гIемераб мухъ ккола ЦIумада. Гьединлъидал гьанибе полициялъулазул ва аскариязул кIудияб къуват рехун буго. Чанго моцIалъ гьаниб хъулухъ гьабулеб буго Липецкалдаса ОМОНалъги. «Рохьилазулгун» кьвагьа-гIанхъиязда камиял ккола низам цIунулезеги. Масала, 27 июналда чIвана ОМОНалъулав Давуд Кусиев.