Ссылки для упрощенного доступа

МугIалимасулгун къокъ гьабураб хабар


ЦIумада мухъалъул Хуштада росу
ЦIумада мухъалъул Хуштада росу

15 июлалъул къаси гIужалда, рокъореги рачIун, щалали лъазе кIвечIез чIван вуго ЦIумада мухъалъул Хуштада росдал мактабалъул байбихьул классазул мугIалим 63 cон барав ГIумаров Абусупян. Гьадин лъазабуна Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалда.

Гьениб бицухъе, лъица гьев чIварав ва щиб гIиллаялъе гIоло чIваравали мухIканго лъалеб жо рагIуларо. Амма нижехъе щварал баяназда рекъон, гьев чIваялъе гIилла батизе рес буго полициялъул хIалтIухъабазда цадахъ рохьосан ругел цо киналалиго нухал рихьизаризе гьев ун вукIараблъи. ТIокIаб батIияб гIилла батизе кинго кIолеб гьечIин бицана чIварасул росуцояз.

Росдал мактабалъул мугIалим чIвазе рачIаразул гьурмазда маскаби ххун рукIун ругин бицана Хуштадаса Абакарил МухIамадица. Гьес бицухъе, рокъор рукIарал лъималги, лъималазул лъималги цогидаб рокъорехун ритIун руго, гьасулгун бицине хабар бугин жидериланги абун. «Амма хабар къокъ гьабураб къагIидаха, 63 сон барав мугIалимги чIван, такъсирчагIи цереса тIагIун руго», - ян бицана Абакарил МухIамадица.

ТакъсирчагIи ЦIумада мухъалдаса рукIаралищали лъалеб бугищин гьикъидал, Абакарил МухIамадица бицана хIакъикъат лъалеб чи щивго гьечIилан.

Абакарил МухIамад: «РукIун ратизе бегьула нижерго мухъалдасаги, амма гьелъул лъалеб жо гьечIо. Гьезул цо-цоял маскаби ххуралги рукIун руго».

ЧIварав мугIалим Абусупян, салафитазде данде вахъарав , гьел какулев чи вукIанищин цIехедал, жинда гьесдасан гьединаб хабар бицунеб киданиги рагIун букIинчIин бицана Абакарил МухIамадица.

Абакарил МухIамад: «Дида гьес гьединаб хабар бицунеб рагIун букIинчIо, гIемерал соназ цадахъ мактабалда хIалтIулел чагIи ругониги. ГIицIго хабар буго къуваталъулал идарабазул хIалтIухъабазда гьес кибеялиго нух бихьизабун бугин абураб».

Дагъистаналъул жанисел ишазул пресс-хъулухъалда бицухъе, гьеб такъсир гьабиялъе гIилла лъазабулеб буго ва такъсирчагIи ралагьиялъе гьабулеб хIалтIиги цо лахIзаталъги гьоркьоб къотIизе тун рагIуларо.
XS
SM
MD
LG