Гьедин гьелъул хIакъалъулъ хъвараб кагъат гьез битIун буго Россиялъул ЦIех-рехалъул комитеталъул нухмалъулев Александр Бастрыкинихъеги, Россиялъул Генералияв прокурор Юрий Чайкахъеги, Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасухъеги.
Гьез жеги жаваб кьун гьечIо инсанасул ихтиярал цIунулезе.
Лаваша мухъалъул Хважалмахьи росулъ ахIвал-хIал хIалуцине байбихьана исана ихдал.
Салафиязда хадур рилълъарал ва низам цIунулез жидер гIага-божарал ралагьулел, гьединго салафиязда нахъ рилълъарал гIадамазе кумек гьабулел чагIаз росу тезе ккелин лъазабун букIана росдал жамагIатги данделъун.
Дагьалъ чIун росдал жамагIаталъ хIукму гьабун буго басмаялдасан яги цере рахъун жидеца загьир гьарурал диниял пикрабазда тIаса лъугьин гьарани росдал мажгиталдеги рачIун, салафиязул рахъкколел чагIи росулъго тезе. Гьелдаса хадуб баккана чIвазе къотIаразул сияхIги.
Гьениб рехсараб 33 цIаралда гъорлъ рукIана киналго салафиязул цIарал. Амма гьезул цонигияв низам цIунулез цевеккунго валагьулевги вукIинчIин, гьездехун гьезул кинабгIаги тIадкIалъайги букIинчIин абулеб буго инсанасул ихтиярал цIунулез.
Гьедин 16 марталда чIвана гьеб сияхIалда рехсарав лъабгояв. Гьел ккола эменгун вас – ЖабрагIил ва АхIмад АхIмадовал, гьединго ГIабдулмажид Мажидов.
Щаялиго жакъа къоялде щвезегIанги цIех-рех гьабун гьечIо гьеб такъсиралъул. Цо-цо хважалмахьисез рикIкIунеб буго гьел чIванин ахираб заманалда гIадатиял гIадамаздасан росулъ гIуцIарал рорчIухъабазул, ай дружинниказул къокъаялъилан.
Гьедин гьеб къокъаялъ речIчIараб жоялъ чIванин абула исана 30 июналда Хважалмахьисан унел рукIарал Русгидро гIуцIиялъул вакилзабазул цояв – Руслан МухIамадов. Москваялда Россиялъул президентасда цебе бугеб Дагъистаналъул вакиллъиялъул чи Артур Захарянги Россельхоззнадзор абулеб гIуцIиялъул хIалтIухъанги лъукъун рукIана.
Гьел дружинниказул, рорчIухъабазул къокъаби раккидал, Хважалмахьиса салафияз росу тун буго. Гьезда кколеб буго гьел чагIаз полициялъе кумек гьабулеб бугин, росуцоязул ургъел гьечIин гьезие.
Гьедин росу тун аниги, МахIачхъалаялдасагун Хасавюрталдаса рикъунги ун чIван ратанин гьеб росулъа кIигоял. Амма низам цIунулез бицухъе, гьел чагIаз данде чIей гьабун буго полициялде.
Гьедин гьезда речIчIизеги ккун буго. Дагъистаналъул низам цIунулезул ракIрекъон буго Хважалмахьи гIуцIараб дружинниказул, рорчIухъабазул, къокъаялда.
Лъебериде гIагарун чи вуго гьенив. Абула гьез хал гьабулин росулъан унеб транспорталъул. Хасго къаси мехалда кIвар бугин гьезул хIалтIул.
Гьел раккиялъе аслияб гIиллалъун ккана финансазул пирамидаби гIуцIарал чагIи Хважалмахьиса рукIин.
Республикаялдасаго гIадамазухъа кIуди-кIудиял гIарцалги ракIарун, гIуцIараб «пирамида» хIилла-макру букIин тIатана дагьалъ цебе.
Гьедин Хважалмахьиса гIолохъабаз гIадамал махсараде кколел рукIун руго, мисалалъе, бащдаб миллион гъурущ жидехъе кьуни, бащдаб лъагIалидасан дуе чанго миллион тIадбуссунилан.
ТIадбуссинчIого гьеб гIарацгун гьел гIадамал жидерго гIарцул лъалкI цIехон Хважалмахьире хьвадизе лъугьуна. Бицуна гьедин рачIарал гIадамаз жидерго гIарац нахъе щунгутIи лъайдал ццим бахъукье чанги гIолохъабигицин чIван ратун ругин Хважалмахьир.
Гьеле гьел макручагIаз гIарз бахъула росуцоязде зама-заманалдасан рачIун къватIиса гIадамаз рахIат толеб гьечIин жидее, жал цIунизе квербакъеян. Гьедин росуцоял хIисабалда гьезие квербакъизелъун гIуцIула дружинниказул къокъабиги.
30 июналда Русгидроялъулги Москваялда бугеб Дагъистаналъулги вакиллъиялде кьвагьдон хадур рорчIухъабазул къокъабби къаси мехалъ гурони, къад мехалда гьенир чIун рукIунарин бицана ЭР-ялъе Хважалмахьиса чияс.
Радиоялдасан жиндирго цIар абизе разилъичIо гьев. Амма абуна гьанжелъагIан, налъукь ккарав 20 гIан гIолохъанчи чIвазегIан кирехун ралагьунин рукIарал гьеб мухъалъул низам цIунулел?
Хважалмахьиса аноним: «Лаваша мухъалъул нухмалъиялда, яги полициялъул яги прокуратураялъул нухмалъулезда лъаларогойищ букIараб гьениб лъугьа-бахъунеб жо?! Жидер берда цереги рукIун бащдаб лъагIалица тIубараб Дагъистан махсароде кколеб лъаларогойищ букIараб гьезда?
ГIахъущдерил банкалъул нухмалъулев живго жинцаго чIвана. Цогидал гIадамал тIад тIохги гьечIого, къватIир хутIана гьезул гIайибалдалъун.
Лаваша мухъалъул нухмалъиялъулги низам цIунулезулги руцIцIунчIеялъ гьабураб балагь буго гьеб тIоцебесеб иргаялда.
Гьединго гьеб финансазул пирамидаги къватIиб чIвазабун хадуб росулъ байбихьана рорчIухъабазул къокъаби гIуцIизе.
Цо чиясда бихьун буго гьелдаса хадуб сардилъ росулъе ярагъ бачIунеб. Дуда бихьизе бокьилаанила шагьаралдаса бачIанщинаб ярагъилан абуна гьес».
Гьанже инсанасул ихтиярал цIунулез лъазабулеб буго гьеб финансазул суал динияб суалалде сверизабун бугин Хважалмахьиб. Финансазул пирамида гIуцIарал гIадамазда тIад рекъечIого, цо-цо чагIаз инкар гьабулеб бугила рорчIухъабазул къокъаялъе кумекалъе рахъине.
Гьеб мехалда гьелдаса пайда босулеб бугила бакIалъул нухмалъиялъ. Жидеего данде кколарев чиясда тIад бугьтанал лъолел ругила, бихьуларищин гъоз салафиязе квербакъулеб бугин, гьединлъидал рорчIухъабазул къокъаялде гъорлъеги лъугьунев гьечIин гьевилан.
Гьединго бегьулеб гьечIила чIварал росуцоязда зигара базеги. Гьединал чагIазул рукъзабахъ чIухь базе яги квешезе жал гьаризе лъугьунел ругила.
Росу рехун тарал салафиязул рукъзабахъа къайи бикъун, гьениб пасалъи рещтIинабулеб бугилан хъвалеб буго инсанасул ихтиярал цIунулез Россиялъулгун Дагъистаналъул тIалъиялъухъе хъвараб кагътида.