Гьеб премиялъе рихьизаризелъун президентасухъе бачIун букIун буго 27 хIалтIи. Аслияб куцалда гьел хурхарал руго адабияталдагун маданияталда ва тарихалда. Комиссиялъ хIисабалде босун букIана 10 хIалтIухъ 500 азарго гъурущ кьезе.
Цебехун рехсараб 27 хIалтIуда тIаде хас гьабун лъазабун букIана Дагъистаналъул халкъияв шагIир Расул ХIамзатовасул цIаралда премияги. Гьелъие мустахIикълъана магIарулазул шагIир Махсуд ЗайнулгIабидов.
Расул чIаго вугеб мехалдаго бакIаризе лъугьун букIун буго гьес материал. Цинги Расулил хIакъалъулъ гIадамаз хъварал кучIдуздасанги, гьединго гьесул хIакъалъулъ живго Махсуд ЗайнулгIабидовас хъвараб прозаялдасанги гIуцIун буго «Кавказалъул Прометей» абураб тIехь.
Махсуд ЗайнулгIабидов: «Гьеб буго дир анищ, гIумруялъул мурадлъун букIараб жо. ГIемерал чагIаз абула жидеда Расул лъалев вукIанин, гьев жидер гьудул вукIанин. Гьединал гIантал рагIаби абизе бокьуларо дие. Расулил квер бачине щваниги гIун букIине ккола хъвадарухъабазе».
Махсуд ЗайнулгIабидовас бицухъе, Расулида лъалеб букIун буго гьес жиндир хIакъалъулъ тIехь данде гьабулеб букIин.
Махсуд ЗайнулгIабидов: «КIиго-лъабго папка букIана бакIарун. Гьезда тIад хъван букIана «ЦIум» абун. СагIаталъниги гьебги хъирщун Расулица абуна: «Оказывается, я жив».
Расулил хIакъалъулъ хъвараб тIехьалдаго цадахъ ЗайнулгIабидовас премиялъе бихьизабун бугоан Авартеатралъул вукIарав артист, магIарулазул Малла Насрудинин абулев МахIмуд ГIабдулхаликъовасул хIакъалъулъ хъвараб тIехьги.
Рамазан ГIабдулатIиповас абуна жинца Москваялда вукIаго цIалун букIанин гьеб, жиндие цIакъ бокьанилан. МахIмуд вугеб бакIалда кидаго аваданго букIунаанила.
МахIмудил хIакъалъулъ хъвараб тIехь басмаялда бахъилалде гьесда жиндаго гьеб бихьизехъин вукIарав Махсуд ЗайнулгIабидовасда лъан буго МахIмуд гIумруялдаса ватIалъаравлъи.
Махсуд ЗайнулгIабидов: «МахIмуд чIаго вугеб мехалдаго, гьесухъе щун гIемер баянал ракIарун рукIанаха дица – туснахъалдаги жоги вукIана дов. Кинабго материалги лъугIун гьесда бихьизейин ана. ГIабасил МахIамадил (Дагъистаналъул халкъияв шагIир) бадиб магIу ххулана. Щиб ккарабин гьикъидал, МахIмуд вукъизе восун анин абуна».
МахIмуд ГIабдулхаликъовасул хIакъалъулъ магIарул мацIалда ЗайнулгIабидовас хъвараб тIехь гIурусалде буссинабун буго Арбен Къардаш абулев чияс.
Республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас балъго гьабуларо жиндие кутакалда Расул ХIамзатовасул творчество бокьулеб букIин. Гьедин исана хаслихъе Дагъистаналдаги Англиялдаги тIоритIизе руго гьев гьавуралдаса 90 сон тIубаялъул тадбирал.
Гьединго Рамазан ГIабдулатIиповас ЗайнулгIабидовасдаса хадуб Расулил цIаралда тIадеги цойги премия кьезе. Гьеб щвана гIалимчIужу Чакар Юсуповалъе.
Гьей ккола Расулил вацасул лъади. Гьединлъидал Расулил хIакъалъулъ гьелъ хъван буго гIагарав чи хIисабалда. «Расул в расколотом мире» абун Юсуповалъ тIехь хъван букIин ГIабдулатIиповасда лъан буго Дагъистаналъул халкъияй шагIир Фазу ГIалиевалдасан.
Расулил гурелги ГъазимухIамад ГъалбацIовасул асарал рокьулел рукIинги бихьизабуна республикаялъул нухмалъулес, гьесие пачалихъияб премияги кьун. Гьедин литератураялъулъ пачалихъиял премиял щвана драматург ва хъвадарухъан ГъалбацIовасеги къанагIатавги дагъистаниясда лъаларев МухIамад СагIидовасеги.
Гьеб къоялъ пачлаихъиял премиял щварал дагъистаниязда гъорлъ рехсезе бегьула жамгIиял хIаракатчагIи МухIамад ГIабдулхабировги, ГIалихIажи СагIидовги, ГIумар ХIажиевги, Ибрагьим Ибрагьимовги.
ГIурусазул тохтур Пирогов гьавуралдаса 200 сон тIубаялде Гъуниб мухъалъул СалтIа монумент рагьун буго гьез. Амма гьелда бан цо ккураб пикру гьечIо дагъистаниязул.
Щайин абуни пачаясулгун Кавказалъул рагъулъ дагъистаниязда тIад экспериментал гьарулев вукIарав Пирогов гурони, монументал лъезе чагIи камун гьечIин Дагъистаналдаян рикIкIунеб буго гьез.