Ссылки для упрощенного доступа

Никелалъул цΙвакиялъул чΙораз халкъ бихьизе толеб гьечΙо


ЦΙунун бугеб тΙабигΙияб территориялда аскΙоб никель бахъиялде данде гьарурал галабазул ахирисеб Воронежалъул ракьалда лъугΙана рагъизе ккеялдалъун.

Экологияв активистазул 10 чи вухун вуго хасаб хъаравуллъиялъул фирмаялъул хΙалтΙухъабаз Воронеж областалда Хопер гΙоралда аскΙобехун никель бахъизе хΙадурлъулеб компаниялде данде протест гьабиялъе гΙоло. Гьеб лъугьа-бахъиналъ цолъизарун руго экологалги казакалги. БегΙенаб ракь бугеб Хопер гΙоралъул регионалда, гьебги щиб цΙунизе кколеб тΙабигΙияб территориялъул зонаялда гΙадамазул сахлъиялде асар гьабулел тадбирал тΙоритΙизе бегьунгутΙиялъул пикраби данделкколел руго рахъазул.


«Хопер цΙунизе!» абураб багъа-башариялъул бетΙер Константин Рубахиница абулеб буго, никель бахъизе ракΙалда бугеб бакΙ хъаравуллъиялъ сверун кквезе байбихьараб мехалда жидер багъа-башариялъул хΙаракатчагΙаз мархьи гΙуцΙанин. Гьесулго рагΙабазда, Ι3 маялъул бакъанида хъаравуллъиялъул фирмаялъул хΙалтΙухъаби рачΙун руго мархьиялъул гΙахьалчагΙазде гъорлъе ва гьезул цояс гьесул габур ккьун буго. Казаказул активист Игор Житневас гьелде кΙвар буссинабулеб мехъалда, гьев ва цогидал вахΙшияб къагΙидаялда руханин ва цоял азарханаялде кканин гьелъул хΙассилалдайин, бицана гьес.

Константин Рубахин: «Къуватаб зар щвана гьесул нилъада. Гьелъул квагΙаб рахъ бекун бугищали хал гьабулеб буго гьанже. БотΙроеги кΙудияб зарал ккун буго. Тохтурас абуна гьелъул хадусеб асарги букΙине бегьулин. АнкьгΙанаб заманалъ цебе букΙана микроинсульт. Гьединлъидал гьесул квешаб хΙал буго. Гьев вуго Борисоглебскалъул азарханаялда.»

Жанисел ишазул министерлъиялъул вакилас Интерфакс агентлъиялъе лъазабухъе, хъаравулзабазда тΙад рагьун буго такъсирияб иш «хулиганлъиялъул» ва «чорхое заралгун ургъун хΙал гьабиялъул» статьябазда рекъон.

Кинаб хьвада-чΙвади букΙине бугеб активистазул хадуб, гьанжеги бихьулеб гьечΙо. Гьезул рагΙабазда, никель бахъизе хΙадурлъулеб компаниялъ ургъунго цΙех-рехал рижинарун кΙиго соналъ гьезде кΙудияб тΙадецуй гьабулеб буго.

Цебесеб анкьалда казаказул рахъалдаса активист Александр Долгопятовас лъазабуна вакъун чΙеялъул акция. Рубахиница абулеб буго, чанго чи жувазе вугин гьесул акциялдейин. Гьединаб къагΙидаялда гьез гΙамал гьабулеб бугин жидерго протесталде халкъалъул кΙвар буссинабизеян.

Протест загьир гьабун данде бакΙарун букΙана мадугьалихъ бугеб Новохоперск росдал жамгΙиятги - азаргогΙанав чи.

Активистазул рахъ кколеб буго халкъазда гьоркьосел хΙукуматалъул гурел гΙуцΙиязги, гьездаго гъорлъ Гринписалъ ва ТΙолабго дунялалъул гΙалхул тΙабгΙаталъул фондалъ (WWF). Хопералъул ракьалда сверун багъа-башари гьанже-гьанжего байбихьана машгьурлъизе.

БакΙалъулал гΙадамазги регионалияб нухмалъиялде хитΙаб гьабун, тΙалаб гьабулеб буго никель бахъулеб бакΙ рагьиялда сверун кинабго халкъ гΙахьаллъараб референдум тΙобитΙун, суал лъей.

Никелалъул кΙудияб къадар бугеб бакΙалде воронежалъул ракьалда тΙаде ккуне руго 1970 соналда. 2011 соналда жиндирго премьер-министрлъиялъул заманалда Владимир Путиница гъулбасун букΙана гьениб гьеб метал бахъиялда хурхуараб буюри. Гьелъул рес щвеялъул аукционалда бергьун букΙана Уралалъул металлургияб компания.

Экологиял активистаз абулеб буго, гьениб шахта гьабун хадуб, хвезе бугин къого километралъул манзилалда бугеб Хопералъул цΙунун бугеб тΙабигΙияб территория. Гьелъие гΙоло хвезе ругин лъикΙал бачΙинал кьолел бегΙенал ракьал, зарал ккезе бугин бакΙалъулаб лъее, флораялъе ва рухΙчагΙолъиялъе. Мисал хΙисабалда босулеб буго «Норникель» компаниялъ гьабулеб хΙалтΙуца Норильск шагьаралда раккизарурал проблемаби. Гьенир загьруял цΙадал, ккуй ва заралиял газазул наккал къанагΙатаб жо гурин, абулеб буго экологаз.

Том Балмфорт, Светлана Петрова (ЭР)
XS
SM
MD
LG