Аза-азар чияс гIахьаллъи гьабуна Москваялда тIобитIараб ракълилаб маршалда. ГIуцIарухъабазул баяналда рекъон гIаммаб къадаралда кIикъоазаргогIан гIахьалчагIаз гьелдалъун бихьизабуна Украиналда халат бахъунеб рагъдаса жидерго разилъунгутIи.
Москваялда ракълилаб марш

5
Донецкалъул Халкъияб республика ян абураб сепаратистазул багъа-бачариялъул рахъ кколев чияс къасд гьабулеб буго Украиналъул байрахъ бихъизе.