Ссылки для упрощенного доступа

Гьукъарал нигIматазул мониторинг


Монополиялда дандечIараб хъулухъалъ байбихьулеб буго Россиялде рачIине гьукъарал кванил нигIматазул багьабазул мониторинг гьабизе. Халкквезе рагIула гьел нигIматал опталъул къагIидаялда босулелдасаги цIикIкIун багьаялде ричулел ругищали, ратани жавабчилъиялде цIазе ругин гьелъие гIайибиялин лъазабулеб буго гьеб идараялъул вакилзабаз.

Гьеб ккола къватIиса бачIараб гIи-боцIул гьан, болъонил гьан, гIанкIудал гьан, ччугIа, щарил нах, рахь, картошка, хъапустIан, пер, ламадур, гIеч.

Лъалеб букIахъе, Америкаялъул Цолъарал Штатаздаса, Европаялъул шураялда гъорлъе унел улкабаздаса, Австралиялдаса, Норвегиялдаса кванил нигIматал Россиялде рачIине гьукъана исана 7 августалда Россиялъул хIукуматалъ гьабураб хIукмуялда бан. Гьеб гьукъа-къаялъул болжал ккола цо лъагIел.

Амма гьанже монополиялда данде чIараб комитеталъ гьел кванил нигIматазул багьабазда хадуб халкквезе лъугьиналъул хIасил кинин кколеб Россиялъул цогидал субъектазда гIадин кIуди-кIудияб къадаралда нигIматал рича-хисулел чIахIи-чIахIиял супермаркетал Дагъистаналда гьечIеб мехалдайин абураб пикруги бачIунеб буго. Гьедин гIадамаз аслияб куцалда кванил нигIматал базараздаса росула, гьениб ричарухъабаз жидецаго рекъезабула багьаги.

Масала, дагъистаниязул гIарз букIуна бусурбабазе бищун хирияб КIалбиччанкъоялде республикаялда зодоре рахинарулин багьаби, лъиданиги, кинабгIаги идараялда гьел гъоркье рачIинаризеги кIоларин.

Жидеца базаразда яги супермаркетазда ругел багьабазда хадуб халкквезе гьечIин баян гьабуна ЭР-ялъе Наталья Шкандыбаца. Гьей ккола монополиялда данде чIараб комитеталъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулей.

Жидеца хал гьабизе бугила дол Россиялде рачIине гьукъарал кванил нигIматал хIадурулел къватIиса пачалихъазул компаниязул Дагъистаналда ругел филиалазул.

Наталья Шкандыба: «Рахьдалги ччугIилги нигIматал хIадурулел дозул вакилзаби руго гьанир».

Базаразулги супермаркетазулги тIалаб гьабулел чагIи экономикаялъул министерлъиялъул вакилзаби кколин тIадежубана Шкандыбаца. Амма я гьеб министерлъиялдаса, яги цогидаб бакIалъа хал гьабизе жидер базаралде жеги щивниги ваккичIин бицана ЭР-ялъе МахIачхъалаялъул базаралдаса Юсупица.

ЦIумадисезулин абулеб гьеб базаралда аслияб куцалда рукIуна кванил нигIматал. Гьелги гIемерисел Дагъистаналдаго гIезарурал. Гьадин бицунеб буго вичарухъан Юсупица.

Юсуп: «Нижехъе гьедин хал гьабизе чагIи рачIун рукIинчIо. Химикатал гурони, гьел улкабаздаса рачIарал кванил нигIматал рукIунаро гьанир. Гьеб гьукъа-къаялда бан цIурабакь хиралъулеб бугилан рагIана. ЯщикIалда тIаде 300 гъурущ бачIунеб бугила. ГIицIго «Гауди» абураб хIан букIуна Европаялда бачIараб.

Гьеб хиралъулеб бугилан рагIичIо. Хириял жал нижер базаралда росуларо.

ГIадатиял чагIи рачIуна гьанире, элитаялъул чагIи унаха супермаркетазде. Хирияб къайи цебе лъуни босуларо гIадамаз, щайила эб, жидеда лъалареб жо».

ГьанжелъагIан информалатаз кьвагьа-гIанхъиялъул рахъ-мухъилан абураб пикруги бижизабун, гьанже Россия кваназабулеб республика хIисабалда Дагъистаналде божилъи гьабулеб буго долго информалатаз.

Америкаялъул Цолъарал Штатаздаса, Европаялъул шураялда гъорлъе унел улкабаздаса, Австралиялдаса, Норвегиялдаса къайи гьукъаниги, гьел киназего гIун Дагъистаналда кIолила гьеб чIезабизе. Цо-цо экспертазул пикруялда рекъон, кIвезеги бегьула.

Амма Дагъистаналда гьечIо гIезабураб къайи жанир цIунулел хасал бакIал, гьечIо гьединго кигIан экологиялъул рахъалъ бацIцIадабги, сахлъиялъе лъикIабги букIаниги, гьеб къайи, кванил нигIматал тIасан къачIан, гьеб босулел чагIазда берцин бихьизабун лъолеб къагIида ва гьелъие ресал.

XS
SM
MD
LG