Ссылки для упрощенного доступа

«Норд-Ост» – 10 сон: «бидулаб спектаклалъул» пардав тΙубанго борхун гьечΙо…


АнцΙго сон тΙубана Москваялъул Дубровка абураб театралияб централда террористаз гΙадамал гъоркьлъалие росун, лъабго къоялъ халат бахъараб бидулаб драма ккаралдаса. Ι30 чиясул гΙумру бахъараб трагедиялъул цΙехх-рехх гьабсагΙатги халат бахъунеб буго. Амма хваразул гΙага-божараз жакъаги абулеб буго, жидее лъазе бокьун бугин, чачаналъа террористаз гъоркьлъалие росарал хвасар гьариялъул операция вахΙшияб трагедиялде буссиналда хурхараб хΙакъикъатин. Гьезул ццин жакъаги гΙодобе буссун гьечΙин, бицунеб буго жидерго макъалаялда нижер радиоялъул мухбирал Том Балмфортицаги Клэр Биггицаги.

Дубровкаялда хасаб операция унеб мехалда жиндир Ι4 сон барай яс Нина хварав Дмитрий Миловидовасул ракΙ гΙодоб биччазабичΙо гьебгощинаб заманалъ. Жиндирго ццин хΙалица гΙодобе буссинабулаго, гьес бицунеб буго 57 сагΙаталъ цогидазда цадахъ чачаналъа террористазухъ йикΙарай Нина (2002 соналъул 26 октябралда) хвасар гьариялъул операция унеб мехалда хвеялъул хΙакъалъулъ. Гьей хун йиго 130 гъоркьлъалие росазаразда гъорлъ, театралде жанибе террористал кΙотинариялъеян абун силовиказ театралде жанибе газ биччаялъе гΙоло.

Дмитрий Миловидов
Дмитрий Миловидов
Дмитрий Миловидов: «Гьеб хасаб химикияб гΙаламаталъ асар гьабун буго гьелъул хΙухь цΙаялъул системаялде. Хадуб хΙухь цΙай гьоркьоб къотΙун буго. КигΙанха заманалъ чиясда бажарулеб хΙухь цΙачΙого чΙезе! Хадуб рокΙол кьабиги чΙун буго. ЛъугΙана иш! Гьединаб жо хΙалтΙизабун буго нижер лъималазде данде.»

23 сентябралда Миловидов живго вукΙун гьечΙо театралда. «Норд-Ост» абураб спектакль унеб мехалда 50 террорист ваккана сценаялда ва гьез гъоркьлъалие росана актерал ва спекталдалде балагьизе рачΙаразул 700-ялдасанги цΙикΙкΙун чи. Гьезул гΙумруялъухъ террористаз тΙалаб гьабулеб букΙана чачаналъа россиялъул рагъулал нахъе рачи.

Шоуялде Нина ун ячΙун йикΙун йиго 12 сон барай яц Еленагун. Лъамалазул цо бутΙа эркен гьабизе яргъид гΙуцΙарал террористал разилъун хадуб, Нинаца гьеб къокъаялде гъорлъе ккезаюн йиго жиндирго яцги. Жийго гьей хутΙун йиго гъоркьлъалие росун чΙезаруразда гъорлъ.

Дмитрий Миловидов: «Гьей гьеб залалдаго хутΙана...абадиялъго. Гьеб ишалъул материалазда хъван букΙаниги, кинабгΙаги азарханаялде гьей щвезайичΙо, кинабгΙаги кумек гьелъие гьабичΙо. Гьей телекамераздаса яхчизаюн, рехун йиго автобусалде жание.»

Хваразул гΙагараз абулеб буго, гьезда гъорлъа гΙемер чагΙи хванила, заманалда медикияб кумек щвечΙолъиялъин. Гьез нухмалъиялда гΙайиб гΙунтΙизабулеб буго, трагедиялъулъ жиндаго бугеб гΙайибалда мукΙурлъулеб гьечΙолъиялда бан.

Гьеб балагьалдаса хадуб анцΙго сон аниги, цΙехх-рехх халат бахъунеб буго, гьеб хΙалтΙи гьабулел гΙадамаз цереккунисел хΙассилалцин загьир гьарулел гьечΙо гьанжеги. Гьез инкар гьабулеб буго театралде жаниб биччараб газ кинаб букΙарабали бицине. Гьелдаго цадахъ нухмалъиялъ абулеб буго, Дубровкаялда жаниб цогΙаги лъимер хвечΙин. Амма хваразул хъизаназ бицунеб буго хвараб анцΙго лъимералъул хΙакъалъулъ. Гьезул рагΙабазда, гьеб трагедиялда 69 лъимер хутΙана яги эбел, яги эмен камун.

Москва. Дубровка. 26 окт. 2002
Москва. Дубровка. 26 окт. 2002
Гьедин букΙаниги, пачалихъиял хъулухъчагΙаз хасаб операциялъе къимат кьолаго, тΙоцебе чΙухΙун лъазабулеб букΙана киналго террористал тагΙинарунин, хΙинкъигьечΙолъиялъул хъулухъалъул цониги чиясе зарал ккечΙогоян абун. Амма гΙемер замана инчΙого баянлъана вахΙшиял мухΙканлъиял.

Гьениб бахъараб видеоялда бихьулеб буго, театралдасан цебе ккараб куцалда къватΙире рахъарал гъоркьлъалие росун рукΙарал автобусазде жанире рехулеб куц. Гьенир вукΙарав чанго тохтурасда лъалеб букΙун гьечΙо, щиб гьабизе кколебали, хасго гьениб хΙалтΙизабураб газалъул тΙабигΙат ва хасият лъалеб букΙинчΙолъиялда бан. Гьезда бажарун гьечΙо гΙемер гΙадамал хвасар гьаризе. ГΙорхъолъан борчΙун цΙезабураб автобусазде жанире рехарал гΙадамал цоял хун руго гьава гΙечΙого, цогидал - мацΙ къулчΙиялъул хΙассилалда, лъабабилеб - лагΙелалъ гΙанкъун.

Гьенив хварав 37 сон барав машгьурав композитор Александр Карповасул эбел Татьянаца абулеб буго жиндир вас хванила хехаб медикияб кумекалъул машинаялда жанив. Гьелда цебе гьес анкьго сагΙат бахъун букΙанила гьел автобусазул цоялда жанибила.

Татьяна Карпова
Татьяна Карпова
Татьяна Карпова: «Дир тушбабазецин гьарилароан дица дир васасулгΙадаб хвел. 7 сагΙаталъ дир вас вукΙана жаназабазда гъорлъ, кинабгΙаги медикияб кумекги щвечΙого. Гьединал хΙужжаби, гΙемер руго, ниж киданиги тΙассаги лъугьунаро.»

Теракталъул къурбаназул гΙагаразул къокъаялъ Карповалъул нухмалъиялда гъоркь хΙаракат бахъулеб буго кануналъул рахъалдасан жидеего кумек щвезабизе гьеб лъугьа-бахъиналъул гΙайибиял тамихΙалде гъоркье цΙазе. Къокъаялъул гΙахьалчагΙаз гΙайиб гΙунтΙизабулеб буго загьруяб газ хΙалтΙизабиялъул буюр кьурав президент Владимир Путиниде. Гьел ритΙарал рукΙин тасдикъ гьабуна Европаялъул инсанасул ихтиярал цΙуниялъул диваналъги. Гьелъ Россиялда тΙадаблъун бихьизабуна зарал ккаразе моралияб компенсация хΙисабалда гΙаммаб къагΙидаялда цо миллионгун 700 азарго доллар кьей. Диваналъ гьединго нахъ чΙвана Кремлалъул гΙарза. Гьелда абулеб букΙана газ хΙалтΙизаби кколарин гΙадамал хвеялъе багьанаян. Гьелъие багьана букΙанин унтаби, стресс, лъин-квен ва бацΙадаб гьава камиян.

Амма гьанже анцΙго сон ун хадубцин, тΙубанго хΙакъикъат баянлъизе букΙиналъул шансал цΙакъ дагьал ругин, риккунеб буго гьеб къокъаялъул гΙадамаз. Гьезул пикру таксдикъ гьабулеб буго хинкъигьечΙолъиялъул рахъалдасан эксперт Иван Суховасги.

Иван Сухов, хΙинкъигьечΙолъиялъул суалазул рахъалъан эксперт
Иван Сухов, хΙинкъигьечΙолъиялъул суалазул рахъалъан эксперт
Иван Сухов: «Гьелгощинал соназда хадуб жамгΙияб интересги талхун буго гьелде, процессуалиябгун процедурабазул планалдаги гьелъул ахир батизе захΙматго букΙуна гьанже. Гьай-гьай, жибго гьеб къокъаялъул кΙвар хутΙулеб буго, гьелъ Россиялъул Федерациян абураб пачалихъалда инсанасул гΙумруялъул багьа цΙакъ гьитΙинаб букΙиналъул проблемаялде кΙвар буссинабулеб букΙиналда бан. Амма цΙехх-реххалъул ишалда, дир пикруялда, гьезда гΙаммаб къагΙидаялда бажаруларо тΙуранго мурадалде щвезе.»

АнцΙабго соналъ хΙакъикъат балагьулей йигей Карповалъ абулеб буго, жидее гьеб хΙакъикъат гΙайибиял жавабчилъиялде гъоркье цΙазе гуребги, гьединалго балагьал такрарлъунгутΙиялъеги къваригΙун бугин.

Татьяна Карпова: «Гьединаб жо цоги бакΙалдаги пуланаб къоялъ такрарлъизе гьечΙолъиялъул ва гьединалго хΙадуричΙел операциял гьенирги гьаризе гьечΙолъиялъул гарантия лъацаниги кьолеб гьечΙо. Нижеца гьеб кинабго гьабулеб буго нижее ккаралгΙадал балагьал такрарлъичΙого рукΙинелъун. Гьелъие гΙоло руго ниж кьеркьолел.»

Материалы по теме

XS
SM
MD
LG