Россиялъул Федерациялъул Шураялъул нухмалъулей Валентина Матвиенкоца гьединаб лъазаби гьабилалдего - марталъул байбихьуда - жив сенаторлъиялдаса нахъе ине вугин лъазабун букIана Николай Ольшанский абулев сенаторас. Гьелъие гIиллаги сахлъи щула гьабизе къваригIин кколила. 29 марталда Россиялъул информалатаз рехсезе лъугьана Дагъистаналдаса олигарх Сулейман Керимовасул цIарги.
Бицен гьабулел харбазе гIиллалъун ккун буго гьабсагIаталда Пачалихъияб Думаялъ гьоркьоб лъун бугеб къануналъул проект. Масала, гьеб къабул гьабуни, къануналъ гьукъизе буго Россиялъул хIакимзабазеги депутатазеги къватIиса пачалихъазда бизнес гьабизе. Декларациялда рекъонин абуни, Дагъистаналдаса олигарх Керимовасул гIезегIан акциял руго Бермудазда, Кипралда ва цогидалъур хъвай-хъвагIай гьабурал компаниязул. Хамиз къоялъ къватIибе бачIараб "Известия" газеталда хъвалеб буго Сулейман Керимовго гIадин, сенаторасул мандаталадса махIрумлъизе бегьулин Швейцариялда ракь бугев Андрей Клишасги Италиялда мина бугев Виталий Малкинги. Амма бицен гьабулеб къануналъ улка тун къватIиб мал-мулк букIине гьукъулеб гьечIолъиги тIаде жубалеб буго "Известиялъ".
Цо заманалда Керимовас жиндирго бизнесалъул хъвай-хъвагIай Дербенталда гьабун букIана. Амма жинца кьолел магъалаби жиндир гIагараб шагьар цебетIеялда тIад харж гьарунгутIи бихьидал, гьес гьелдаса инкарги гьабун, гьанже бизнесалъул хъвай-хъвагIай Чачаналда гьабунин бицунеб буго ЭР-ялъе жамгIияв хIаракатчи, журналист ХанмухIамадов МухIамадица. МухIамадсалам МухIамадов Дагъистаналъул нухмалъиялда вукIаго Керимовасул цIар гIемер рехсолаан республикаялда. Гьанже гьев хисун Рамазан ГIабдулатIипов вачIиндал, цIикIкIун бицунеб бугин олигархал, вацал МухIамад ва Зиявудин МухIамадовазулин абулеб буго ХанмухIамадовас.
Гьесул пикруялда рекъон, Керимов Россиялъул Федерациялъул шураялдаса иналдалъун дагъистаниязе кIудияб зарал ккеларо. ГIицIго гьес цере гIадин гьанжеги ритIиладай чIорого хIежалде гIадамалин абураб суал букIина аслияблъун. Чанго сон буго гьес жиндирго харжалдалъун санайилго дагъистаниял хIеж борхизе ритIулел.
МухIамад ХанмухIамадов: " МухIамадсалам МухIамадовасул заманалда Керимовас Дагъистаналда разе байбихьарал объектазул бицунеб бугони, дида ккола гьес гьел рагIалде рахъинарилин. Гурони цониги олигархасда кIоларо гьебщинаб гIарац гIодобе базе. Цойги рахъалъ босани, гьелъ рес кьела Керимовасе Дагъистаналъул экономикаялде кIвар кьезе".
МахIачхъалаялдаса экономист ТIайгиб Мусаевас абулеб буго пачалихъияб даражаялда гьедин суал цебе лъун батани, Керимовас тIаса бищун бугин улка тун къватI бугеб бизнес , гьеб рахъалъ гьев вичIчIизеги кколин.
ТIайгиб Мусаев: "Цебесеб гIасруялъул 90 абилел соназда улкаялда букIараб ахIвал-хIалалда гIарац гьабурал гIадамазул бизнесалъулъ гьарулел ревизиялги хIисабалде росун, хадурккунги гьединал хал гьабиял рукIинарилан абизе кIоларо лъиданиги. Гьединлъидалин нилъер бизнесменаз жидерго гIарац улка тун къватIибе баччун араб. Дагъистанияздаги бичIчIизе ккола гьеб. Щайгурелъул бизнес сабаблъун гIадамалъе вахъарав чи ккола Керимов. Жинца щиб гьабулеб бугебалиги гIезегIан лъикI лъалеб батила гьесда".
"Регнум", "Кавказская политика" сайтазул журналист Муса Мусаевас рикIкIунеб буго Керимов политик хIисабалда цеве вахъунароанилан.
Муса Мусаев: "Бизнесмен хIисабалда лъикIав, цеветIурав чи вуго гьев. Амма политик хIисабалда гьечIо. Нилъеда рагIичIо халкъалда рагIун гьес гьарулел рукIарал политикиял лъазабиял. Я телевидениялдасан вахъунароан цеве, я цогIаги къануналъул проекталда тIасан пикру загьир гьабулеб рагIулароан. Гьединлъидал сенаторасул бакI букIана гьес гьадинго, ххвалие гIадин ккураб жо".
Гьел харбазда бан 29 марталда лъазаби гьабуна Керимовасул кумекчи Алексей Красовскиясги. Сулейман Керимовас Федерациялъул шураялдаса инкарги гьабулеб гьечIин, Россия тун къватIиб гьесул кинабгIаги бизнесги мал-мулкги гьечIилан абуна гьес журналистазда. Жибго Федерациялъул шураялдаса нахъе иналда бан Керимовасе хIукму къотIизе кколеб буго Дагъистаналъул Халкъияб Мажлисалъги. Щайгурелъул гьелъ вакил гьавун вукIана Керимов дове.