Жалго бертадул бетIергьабазги гьалбадеридаги гьеб кинабго бихьулеб буго дагъистаниял сурун рихьизаризе ургъараб жолъун.
ГьабсагIаталда кавказиязда сверухъ Россиялда, Москваялда гьарулел ругел хIаял улкаялъулго трагедия кколин абуна митингалда Агъаларов Сердерица. Гьединлъидал цIакъ кIвар кьезе кколила гьелде.
Амма гьесдаги цогидал дагъистанияздаги квеш букIун буго Life News каналалъги Пачалихъияб Думаялда вугев депутат-дагъистанияв Рамазан ГIабдулатIиповасги гьарурал жал. Life News каналалъул журналистка ятанин жидеда омоналъулазул кIудияб къокъагун цадахъ гъоркьчIелги гьабунилан бицана Агъаларов Сердерица.
Гьединго гьеб хIужаялъул бицине байбихьун тIоцересел къоязго телевидениялдасан Рамазан ГIабдулатIипов лъугьана Москваялда бертин гьабулел рукIарал дагъистаниязде гIайиб-гъвелги гьабун, гьоболлъухъ рачIараб бакIалда гьалбал гIадин чIезе лъазе кколилан жал абизе.
Бертадул бетIергьабазги гьезул гьалбадерицаги бицухъе, гьеб буго дагъистаниял сурун рихьизе москваялъулаз ургъараб хIилла. Москваялда жаниб жидеца щибниги гIадлу хвезабулеб жо гьабичIин, батани, полиициялъ цониги хIужа щайин бихьизабуларебан гьикъулеб буго бертадул бетIергьабаз.
Агъаларов Серкер: «Дие бокьун гьечIо жакъа киналго журналистазда хIарщ речIчIизе, гьединго дие бокьун гьечIо киналго политикалги Рамазан ГIабдулатIиповасда релълъинаризе. Цо пуланаб мехалдаса нахъе дица гьев дагъистаниявлъунгицин рикIкIунаро. Дида бичIчIуларо гьев, культураялъул институталъул ректор, гьенив Думаялда депутатлъун щиб гьабулев вугевалиги, дагъистаниязе щиб пайда гьесдаса бугебалиги.
Щибго гIиллаго гьечIого гIолохъабазда хъурумсахъалин бугьтанал щай гьес лъезе кколел? Дие бокьун гьечIо гьев хIакъир гьавизе, гьев дидаса ригьалъ кIудияв вуго, гьединго дун вуго тарбия бугеб хъизаналдаса гIурав чиги. Амма гьединал жал рагIараб мехалда, битIараб бицани, ракI къотIула, рецIел босизе къваригIуна.
ЦIакъ гIемер руго информация тIибитIизабулел алатаздалъун жидее санагIалъи гьабулел, халкъ питнаялде ахIулел гIадамал. Гьеб ккола улкаялда билълъанхъизабулеб политика загIипаб букIиналъулги иделогия гьечIолъиялъулги хIасил».
Хадуб Агъаларов Серкерица баркала загьир гьабуна Дагъистаналъул официалияв вакиллъун Москваялда вугев ХIажи МахIачевасе. Лезгиязул культурияб ирсалъул централъул нухмалъулев хIисабалда гьал къоязда Пачалихъияб Думаялда данделъиялда гьоркьоб лъезе ракIалда буго Агъаларовасда гьеб суал.
Гьоболлъухъ гьалбал гIадин чIезе лъазе кколилан доб цебехун бицен гьабурав депутат Рамазан ГIабдулатIиповас телевидениялдасан дагъистаниязе гьарурал бадирчIваязул бицана митингалда цогидаз. Москваялде рачIарал дагъистаниязда гьалбалин гьес абулеб батани, дагъистаниязеги гIахьалаб улкаялъул тахшагьар кколин гьебилан абулеб букIана гIадамаз.
Абакаров Абакар (Кавказалъул халкъазул конгрессалъул вакил): «Лъабго анкьалъ цебе «Торпедоги» «Динамоги» клубазул болельщикал цоцалъги речIчIун рагъана, стадион кIала-гъоркье чIвазабуна, бухIана. Щибго ккечIеб гIадин, кIиабилеб къоялде риччан тана гьел, 15 сордо-къоги кьун щивниги жанив тIамичIо. Щай гьедин кколеб?».
Абакарица такрар гьабуна жинде щвезегIан цогидаз абураб пикруги – жакъасел дагъистанияздаса жиндир бугеб ракIбатIалъи. Щайин абуни жидеде гьеб балагь щвеларел гIадин, лъиданиги хъвачIого, батIа кIанцIун чIун ругила жакъа дагъистаниязул гIемерисел. Гьедин ккун букIун батилила гьанже жинда сверухъ ахIи-хIур бахъарав бахIарасдаги.
ЛъагIалица жанивги тIамун Расул Мирзаевасе гьадабгунияб гIакъуба кьолеб мехалда хIухькъотIун балагьун чIанила нилъ. Миллатчилъиялъул унтуца унтун бугин Россиялда жамгIиятин абуна Абакаровас. ХIисаб гьабейила цо, Америкаялда пачалихъияб цониги телеканалалъ тIом чIегIерал гIадамазде гьабщинаб гIала-гъважа чвалхулищали. Гьеб мехалда росун жанир тIамулила гьел. ТIоцебесеб канал, НТВ, РТР гIадал каналаз тIибитIизабуна гьеб информация гIодобегIанаб даражаялъул телеканалаз кьурал баяназде мугъчIвайги гьабун.
Митингалда рехсолел рукIана улкаялъул балъголъаби къватIир гьурщарав чиясе туснахъалъул 13 сон кьунин, Краснодар мухъалъул Кущевкаялда тIубараб хъизан чIварал чагIазе 15 сон кьунин, амма кавказиязда хурхарал ишазда бан диванчагIаз хIукмаби цIакъ кьварарал гьарулин абуна митингалда.
Скинхедаз сверун кколила диванханаби, гьеб мехалда гьезие данде кколарел хIукмаби къотIизе хIинкъулила диванчагIи. ЭР-ялъе гьеб хIужа тасдикъ гьабуна Расул Мирзаевасул эбелалъул яцгIал Хасбулаева ГIайшатицаги. Гьез жидецаго абураб гIарац кьунигицин, цIех-рех лъугIизегIан къватIивеги виччалев гьечIила.заев
Хасбулаева ГIайшат: «Цо нухалъ щуго миллион кьуна, хадубги гьеб гIоларин абун 100 азарго гъурущ кьуна. Амма бащдаб сагIаталдасан нахъбахъана диванчагIаз Расул къватIиве виччазе гьабун букIараб хIукму. Нижер чагIи цониги нухалда диваналдецин риччачIо. Щайин абуни, гьениб ахIвал-хIал хIалуцинаредухъин абуна.
Лъабго нухалъ ун йикIана Расулил эбел гьение, лъабабго нухалъ йиччачIо гьей. Диван байбихьулеб мехалда рачIун полициялъ къала киналго къватIалги, бутIрул кIкIвараб халкъги букIуна гьениб ахIи-хIуралда, Расулиде абулареб чIегIерабгун хъахIаб жоги толаро гьез…
Эменги гьечIого эбелалъ гIезавурав вас вуго гьев. Интернаталдаги цIаларав, гIемераб къварилъиги бихьарав вас вуго гьев. Гьесул рахъалъан бицине лъикIаб гурони квешаб жо гьечIо – я гьекъоларо, я хъалиян цIаларо»
Митингалъул гIахьалчагIаз къабул гьабуна резолюцияги. Гьениб улкаялъул нухмалъиялдаса тIалаб гьабулеб буго Москваялда дагъистанияз гьабураб бертада сверухъ бахъараб ахIи-хIуралъе битIараб къимат кьей.