Путин: «Крым дагIбадул территория гуро» (2008)
2008 соналда Алманиялъул ARD телеканалалъе интервью кьолаго, Россиялъул президент Владимир Путиница абуна, Москваялъ Украиналъул гIурхъаби некIого къабул гьарунин ва тIаде жубана, Крым – дагIбадул ракь гурин. Амма гьес гьадин абун бугониги, 2014 соналда Россиялъ Крым аннексия гьабун бугоан. Гьаб интервью гьабун букIана Гуржистаналда оагъулаб конфликт байбихьун хадусала.