Мисралъул хIинкъи гьечIолъи цIунулез I4 августалда биххана тIаса рехарав президент МухIамад Мурсил рахъ ккураз гIуцIараб мархьи. ГIага-шагарго I00 чи чIван вуго гьеб зулмуялъул тадбиралъул хIасилалда, ян лъазабулеб буго «Вацал-бусурбаби» багъа бачариялъ. Амма Мисралъул тIадтараз гьеб хIужа нахъ чIвалеб буго. Гьезул баяналда рекъон мархьияллда цониги чи чIван гьечIин, амма чIван вугин кIиго полициялъулав.
Мисралда зулмуялъул цIияб карачел
1
Мисралъул хIинкъи гьечIолъи цIунулез ккуна Каиралъул университеталда аскIоб разилъи гьечIолъиялъул мархьи гIуцIаразул цо чанго чи.
2
ЦIа гъун бухIулеб чадир.
3
4
ТIаса рехарав президент МухIамад Мурсил рахъ ккурал гIодоре чIезарун руго Мисралъул хIинкъи гьечIолъи цIунулез.
5
6
«Вацал-бусурбаби» багъа-бачариялъул рахъ ккураз магIу чвахизабулеб газалъукьа рорчIизе къасд гьабулеб буго. Рабаа аль-Адавия.
7
МагIу чвахизабулеб газалдаса гIакъуба къулчIарай чIужу-гIадан.
8
Телевизионияб программаялъул цо кесек: бульдозералъ биххулеб буго разилъи гьечIез рарал сангарал.
9
Протесталъул мархьиялда ругел гIадамаз хасал хъулухъчагIазулгун дагIбадулел руго.
10