Гьеб анализалъул хIасилал рохизе бегьулеллъун гьечIилан лъазабуна прокуратураялъул вакилас гьал къоязда Пятигорскалда тIобитIараб данделъиялда. Шималияб Кавказалъул прокуратураялъул нухмалъулев хисулев Алексей Васильевас абухъе, такъсирал гьариялъе гIуцIарал къокъаби гIемерлъанин регионазда.
Такъсирал гIемерлъарал регионазул сияхIалда тIоцебесеб кьерда буго Дагъистан, хадур – Гъалгъаязул республика ва Чачанлъи. Гьел рехсарал регионазда цIикIкIун руго экстремизмалдагун терроралда хъинтIарал такъсирал. Шималияб Осетиялдаги Ставрополалдаги цикIкIун руго экономикиял илан абулел такъсирал.
Прокурор Васильевас рикIкIунеб буго изну гьечIого яргъидгIуцIаразде данде къеркьеялъулъ чанги гIунгутIаби ругин. Гьес бицаралда рекъон, полициялъул оперативияб хIалтIи хашаб буго. Изну гьечIого яргъидгIуцIаразе кумек гьабулелги гьезие гIарац щвезабулелги чагIи низам цIунулез кколел гьечIилан абулеб буго прокурорас.
Гьаб соналъул байбихьудасан такъсирал гьаризеян гIуцIарал къокъаби цIикIкIунел рукIаниги полициялъ гьеб масъалаялъе кIвар кьечIилан лъазабулеб буго Васильевас.
Гьес абухъе, гьел къокъаби чанги батIиял такъсиразулъ гIайибияллъун ратула. ГIадамал рикъи, жигьадалъеилан абун бечедал чагIазухъа гIарац тIалаб гьаби, бюджет бикъиялъулъ гIахьаллъи, гIаракъи гьабиялъул цехал рагьи къануналда рекъечIого – гьелги цогидалги такъсирал рехсана прокуратураялъул хIалтIухъанас.
Васильевас гьединго абуна цо-цоял такъсиразда хурхун рагьарал уголовиял ишал цIацIан рачунел ругин. «Полициялъул хIалтIул хал-шал гьабулеб мехалда прокуроразе ратулел гьечIо церего лъалел рукIарал такъсиразда хурхун рагьарал уголовиял ишал.
СияхIалде такъсир босичIого букIиналъе гIоло полициялъулаз уголовияб иш рагьунгIутIиялъе хасал документал гIуцIулел руго.
Гьебго щиналъе гIилла цо буго: полициялъулазе яги хIалтIизе бокьун гьечIого, яги гьезда кIолеб гьечIо хIалтIизе», - ян абуна прокурорас.
Уголовияб иш рагьичIого тарал бищун гIемер такъсирал прокуроразе ратун руго Дагъистаналда. Шималияб Кавказалда 2011 соналда 30 гьединаб хIужжа батун буго (гьезда гьоркьосан 28 Дагъистаналда). 2012 соналъул тIоцебесеб бащдаб лъагIелалда 9 хIужжа тIатун буго, киналго Дагъистаналда.
Уголовиял ишал цIацIан рачиналъул рахъалдасан Васильевас абуна гьелъие кIиго гIилла бугин: тIоцебесеб – цIех-рехчагIазда жидерго хIалтIи заман бикьун бачине кIолеб гьечIо; кIиабилеб – цIех-рехчагIаз ургъунго гIемер заман балеб буго уголовиял ишазда тIад.
КъваригIунарелщинал экспертизаби рихьизарун, пайдаго гьечIел оперативиял тадбирал гьарун, мекъаб къагIидаялъ гьикъа-бакъиял гьарун низам цIунулез цIацIалеб буго уголовиял ишал рагьиялда хурхун гьабулеб хIалтIи.
Такъсирал гьаризеян гIуцIарал къокъабазда гуребги, терорралъул такъсиразда хъинтIун гьабулеб хIалтIиги хашаб кколин лъазабулеб буго прокурорас. Мисаллъун гьес бачана Дагъистаналъул жанисел ишазул министр ГIадилгерей МухIамадтIагьиров чIвай.
Васильевас абухъе, такъсир гьабуралдаса лъабго сон ана, амма низам цIунулез жеги кинал-гIаги хIасилал рихьизаричIо жеги.
Гьесул коллега Иван Сыдорукица Карачаево-Черкесиялда тIобитIараб данделъиялда абуна терроралда хурхарал такъсирал Шималияб Кавказалда кIкIвар кьезе кколеллъун ругин.
Сыдорукица статистикаги бачана. 2011 сонгун 2012 соналъул тIоцебесеб бащдаб лъагIелда жаниб изну гьечIого яргъидгIуцIарал къокъабазде гъорлъе унев 580 чи ккун вуго, чIван вуго 560 чи. Терроралъул такъсиразда хурхараб 415 уголовияб иш диваналде битIун буго 2011 соналда.
Гьаб соналъул бащдаб лъагIелалда жаниб диваналде битIараб гьединаб иш бахун буго 274.
Терроралъул такъсирал цIикIкIин Сидорукица бичIизабулеб буго цо-цо республикабазда, хас гьабун Дагъистаналда, социалибгун-экономикияб ахIвал-хIал лъикIаб гьечIолъиялда.
Гьединго гьес тIаде жубана Дагъистаналъул рахъалъан гьанир терроралъул такъсирал бищун гIемер ругин, щайгурелъул республикаялда цIакъ кIудияб къадар буго къануналда рекъечIого щвараб яргъил, гьединго низам цIунулез хIалтIи тIаса-масанго бачунеб буго.
Пенсиялда вугев полициялъул капитан Руслан Расуловас «Эркенлъи» радиоялъе абуна низам цIунулезе къимат жамгIияталъ кьолеб бугин.
Руслан Расулов: «Низам цIунулезул хIалтIуда хадур хал кквезе ричалел гьечIо. Щай гIадатиял гIадамал ричазе бегьуларел полициялъ гьабулеб хIалтIуе къимат кьезе. ЖамгIият полициялъ цIунулеб бугин абула, амма цо жоялъул хIисаб гьабе: жакъа къоялъ полициялъулаздехун кинаб бербалагьи бугеб гIадамазул. Гьезухъа хIинкъулел руго.
Цо-кинаб букIаниги такъсир ккани, тIоцере гIадамал журала жидерго къуваталдалъун ритIухълъи балагьизе. Полициялде унаро тIоцере. Цо гьеб мисалалъ кьолеб буго мухIканаб къимат полициялъул хIалтIуе. Гьабуна полициялъул реформа.
Лъаларо цогидал регионазда кин, амма Дагъистаналда гьеб реформа пайдаблъун ккечIо. Гьабураб реформаялъ хIалтIудаса нахъе рехана хутIарал профессионалал».
Шималияб Кавказалъул федералияб округалъул прокурор хисулез гьединго рикIкIунеб буго низам цIунулез жидерго хIалтIи букIине кколеб къагIидаялъ бачунеб гьечIолъиялда бан бугин диваналъул хIалтIиги. ТIаса-масаго гьабураб уоловияб иш диваналдеги кьун цIех-рехчагIи парахатго чIолел руго.
Гьединал уголовиял ишал рихъ-рихъун щущахъ ралел руго адвокатаз диваназде. Хадур гIаийб гIунтIизабулел рукIараз гIарзаби хъвалел руго диваназда жидее реабилитация бокьун бугин, компенсациял кьеилан.
Гьелдалъун бюджеталдаса гIарац бичазе кколеб буго гьезие. Низам цIунулел рукIунеб кколеб къагIидаялъ хIалтIичIолъиялъ зарал ккезабулеб буго бюджеталъе илан абуна Васильевас.