Эркенлъи радиоялъул мухбираз ругел регионазда рахъарал суратал
Анкьил тIаса рищарал суратал. 4-10 Август.

1
Владивостокалдаса атлет Иван Савкинида 120 тоннаялъул цIайи бугел вагонал рагъаризаризе кIвана (Reuters/Yuri Maltsev)

2
Гьаваялъул цIезабурал пунцIнробазул байрам. Бристоль, Магърибалъул Англия. (Reuters/Neil Hall)

3
ГIизраилалъ Газа секторалда тIобитIулеб операциялдаса разилъи гьечIел палестиниязул протесталъул акция. Магърибалъул РагIаллъиялда бугеб Вифлеем шагьар. (Reuters/Ammar Awad)

4
Тунгарешвар абулеб гьиндусаз хирияблъун рикIкIунеб лъел чIвахиялда чурдолев бихьинав. Мумбаи, Гьиндустан. (Reuters/Shailesh Andrade)

5
Афгъанистаналъул президентлъиялде кандидат ГIаблуллагь ГIабдуллагь (квегIса) ва Америкалъул Пачалихъияв секретарь Джон Керри Кабулалда букIараб пресс-конференциялда. Доба ГIабдуллагьги гьесул дандияв Ашраф Гъаниги разилъана арал рищиязул хIасилалда цолъараб хIукумат гIуцIцIизе. (EPA/Jawad Jalali)

6
Украиналъул Краматорск шагьаралда Россиялъул рахъ ккурал сепаратистазде данде миллиял къукъабаз бачунеб рагъул хIай хIалел лъимал. (Reuters/Valentyn Ogirenko)
Украиналъул Краматорск шагьаралда Россиялъул рахъ ккурал сепаратистазде данде миллиял къукъабаз бачунеб рагъул хIай хIалел лъимал. (Reuters/Valentyn Ogirenko)

7
7-августалда Киевалда бугеб Лъидаго бачIеблъиялъул майданалда букIараб тунка гIуссиялда гIахьаллъулев кашиш. (AFP/Sergei Supinsky)

8
Россиялъул шагьар Ростов-Доналда аскIоб бугеб балагьутIа-бакIалда Украиналъул Донецк шагьаралдаса тIурун чIарай яс ялагьун чIун йиго мархьиялде ячIине жиндие изну кьезегIан.
(AFP/Andrei Kronberg)
(AFP/Andrei Kronberg)

9
ГIиракъалъул аскарияз патруллъи гьабулеб буго Багъдадалдаса 45 километралъул манзилалда бугеб Журф аль-Сахри абулеб росдал сверухълъиялда. (AFP)

10
Кабулалда аскIоб бугеб рагъда чункъараб Дар уль-Амман абулеб кIалгIаялда цебе футбол хIалел васал.(epa/Hedayatullah Amid)

11
Карачи шагьаралда бугеб ЧугIил Порталда ришнидул гохIалда жиндие пайдаял жал ралагьулев Пакистаналъул вас. (Reuters/Akhtar Soomro)

12
Афгъанистаналъул шагьар Жалалабадалда бугеб гьуинал жал гьарулеб фабрика. (Reuters/Parwiz)

13
ГIизраилалъул ультра-ордодоксалиял диниял чагIаз хал-щал гьабулеб буго полициялъ хIалтIулеб куцалъухъ. Низам цIунулез цIех-рех гьабулеб букIана эскаваторалде рекIун вукIарав цо палестинияз автобосулде гьеб къазабун,цо чи чIваялъул хIужаялъул. Гьединго щуго щи лъукъун вукIана доб тIаде-кIанцIиялъул хIасилалда. (AFP/Gali Tibbon)