Эркенлъи Радиоялъул мухбирал хlалтlулел регионаздаса суратал.
ТIаса рищарал суратал
1
Украина. Львовалъул майданалдаса унел руго кьвагьичIеб бомбаялъул инсталляциялдаса аскIоса. Гьеб гьабун буго шагьаралъул централияб майданалда Тарас Шевченкол монументалда цебе.
2
Ливан. Бекаа гIодоблъиялда бугеб Машгара росулъ ГIиракъалда хварав Хезболла гIуцIиялъул рагъухъан Ибрагьим аль-ХIажил вас вегун вуго эмен вукъизе унеб мехалда гьесул малиялда тIад.
3
Палестина. 30 июлалда Израилалъул рагъулаз кьаби щвезабураб Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул школаялъул хал гьабулеб буго палестинияз.
4
Донецк шагьаралда бакIалъулав чи кьаби щвезабураб бакIалда.
5
Газа сектор. Израилалъул рагъулаз кьаби щвезабун энергетикияб агрегаталда рекIараб цIаялъул сурат бахъулев палестинияв.
6
Минскалда аскIобехун бугеб Дрозды хIоралда.