Эркенлъи радиоялъул мухбирал ругел регионазда рахъарал суратал
Анкьил тIаса рищарал суратал. 14-20 Июль

1
Газа мухъалда халат бахъунеб зулмуялде данде 19 июлялда Парижалда изну гьечIого гIуцIараб демонстрация.(Reuters/Philippe Wojazer)

2
Украиналда Малайзиялъул боржаро бортараб бакlалда Россиялъул рахъ ккурав сепаратист гьениб батараб васикlогун кодоб. 18 июль. (Reuters/Maxim Zmeyev)

3
Мосул шагьаралда бугеб зулмуялъукьа рорчlарал гlадамал курдазул Ирбил шагьаралда аскlоб бугеб Хазер абулеб тlурун чlаразул мархьиялда. 17 июль. (Reuters)

4
Россиялъул рахъ ккурав яргъид гIуцIарав сепаратист Малайзиялъул бортараб "Boeing- 777" боржародул хутIелазда гъорлъ. (Reuters/Maxim Zmeyev)

5
Украиналда бортараб Малайзиялъул "Boeing-777" боржародул хутIелал. (AFP/Aleksandr Khudoteply)

6
Афгъанистаналъул президентасул рищиязул цо бутIаялъул комиссиялъул хIалтIухъан бюллетенязул рикIкIен гьабизе байбихьизегIан. Кабул, 17 июль. (AFP/Wakil Kohsar)

7
Кабулалда бугеб аэропорталда тIад боржунеб НАТО-ялъул тирело аэропорталде тIалибаз гьужум гьабураб мехалда. (Reuters/Omar Sobhani)

8
Сириялъул Эркенаб Армиялъул рагъухъабаз гIарада балеб буго хIукуматалъул аскариязде. Маарат ал-Нуман, Идлиб. (Reuters/Rasem Ghareeb)

9
Татарстаналъул тахшагьар Казанялъул мажгит. (AFP/Vasily Maksimov)

10
Москваялъул метроялъул "Славянский бульвар" старнциялда авария ккараб бакIалда хIалтIулел хвасарчагIи. 15 июль. (AFP/ITAR-TASS/Varya Valovil)

12
Гьиндустаналъул чугIихъан Басантапур росдал сверхълъиялда бугеб Дайя гIурул рагIаллъиялда. (AFP/Asit Kumar)

13
Сириялъул Алеппо шагьаралда аскIоб бугеб Аль-Фардус шагьаралъул къватI. (Reuters/Hosam Katan)

14
Рамазан моцIалъ Къуран цIалулел Афгъанистаналъул лъимал.Мазари Шариф шагьаралъул мажгит. (AFP/Farshad Usyan)

15
Тал Афар шагьаралда бугеб зулмуялъукьа рорчIун, Бахрка абулеб турун чIаразул мархьиялде рачIарал курдазул руччаби. Курдистаналъул автономияб мухъалда бугеб Ирбиль шагьаралъул сверухълъи. (AFP/Safin Hamed)

16
Рамазан моцIалъ Гьерат вилаяталъул цо мадрасаялда Къуран цIалулел Афгъанистаналъул лъимал. (Reuters/Mohammad Shoib)