Эркенлъи радиоялъул мухбирал ругел регионазда рахъарал цо-цо суратал
ТIаса рищарал суратал.14 июль.

1
Афгъанистаналъул Гьерат вилаяталда бугеб мадрасаялда хирияб Рамазан моцIалда Къуран цIалулел лъимал. (Reuters/Mohammad Shoib)

2
Ростов-Доналде унеб автобусалде рекIунел Донецк шагьаралъул гIадамал хал гьабун риччалеб бакIалда. (Reuters/Maksim Zmeyev)

3
"ЦIияб Россия" (Новороссия) абун, сепаратистаз цIар кьураб регионалъул байрахъ парпадулеб буго Донецкалда Ленинил статуялда аскIоб. (AFP/Dominique Faget)

4
Россиялде цIикIкIараб цIайи бугел сепаратистазул цояв Донецк шагьаралъул азарханаялда. "Восток-Батальон" абун цIар кьураб къукъаялъул гьев гIахьалчи лъукъун вуго Украиналъул аскариязулгун ккараб кьалда. (Reuters/Maksim Zmeyev)

5
Словянск шагьаралда аскIоб бугеб Семеновка росдал чи. (AFP/Genya Savilov)

6
Жидер улкаялъул байрахъалда релъараб ретIел ретIарал Ираналъул ясал "Violet Models" абулеб агентлъиялъ Тегераналда гIуцIараб берцинлъиялъул къецалда. (AFP/Bahareh Asadi)