Радио Эркенаб Европа Эркенлъи Радиоялъул мухбирал ругел регионаздаса суратал. Жеги суратал руго гьаб сайталда:"Picture This" archive.
Анкьил суратал

1
Жидерго бакІал тун лъутизе ккараб афгъаниязул хъизан бахун буго машинаялде тlаде. АнцІ-анцІ соназ букІараб рагъалъ миллионгІанав чи лъутизавуна жидерго рукъзал тун Ираналде ва Пакистаналде.

2
Стамбул. Таксим-майдан. 2013 соналъул 22 июнь. Протесталъул гІахьалчи.

3
Ставрополь. 22 июнь. Сардикь сагІат ункъго тІубараб заман. Гьеб гІужалда тІаде кІанцІана фашистазул Германия Совет Союзалде. Россиялъулаз гьеб къо ракІалде щвезабула мемориалазде щун.

4
Москва. 22 июнь. Россиялъул президент Владимир Путин щвана ЦІар лъаларев солдатасул хобалде.

5
Шималияб Кореялъул лидер Ким Чен Ыин, гьесул лъади Ли Соль Чжу Халкъияб армиялъул музеялда.

6
Стамбул. 21 июнь. Руччаби чІун руго рузман как байбихьилелде балагьун СултІанахІматил мажгиталда.

7
Баку. 2013 соналъул 21 июнь. Рагъулаб техникаялъул колонна парадалъул репетициялда.

8
2013 соналъул 20 июнь. Цолъарал штатазда ФБРалъул хІалтІухъабаз чІварав Ибрагьим Тодашевасул жаназа щвезабуна чачаналъе.

9
Тбилиси. 20 июнь. Чагъир гьабулеб заводалда. Гьеб хІадур гьабулеб буго Россиялде битІизе.

10
Бразилия. 2013 соналъул 20 июнь. Улкаялъул шагьаразда тІоритІана протесталъул акцияби.

12

13
Сириялъул эркенаб армиялъул рахъ ккурал курдазул руччабазул къокъаялъ Алеппо шагьаралда кколеб буго позиция. Гьез цІунизе буго шагьаралъул майдан.

14
Пакистан. Карачи. Чвердолел лъимал.

15
Цолъарал штатазул президент Барак Обама ва Германиялъул канцлер Ангела Меркель 19 июналда Берлиналда букlараб цадахъаб пресс-конференциялда хадуб.

16
Тlалибаз лъукъарав афгъанистаналъул хІинкъигьечІолъиялъул идараялъул хІалтІухъан пишацояз унев вуго хІинкъи гьечІеб бакІалде вачун. Нангаргьар провинция