Нижехъе рачІунел суратазда гъорлъа рищарал
1
Пекин. 2013 соналъул 11 февраль. Моцlрол календаралда рекъон цlияб соналъул байрамалда гьарурал трюказул цояб.
2
Румыния. Бухаресталдаса жанубияб рахъалда бугеб мухъалъул г1адамаз жакъаги ризго пайда босула гьоко-чуялдаса.
3
Сочиялдаса 50-гlанаб километралъ бугеб Роза Хутор абураб бакlалда бугеб щобалдаса гъоркье унев вуго экстремал.
5
"Сириялъул эркенаб армиялъул" рагъухъан Алеппо шагьаралъул къватlалда.
6
Йемен. Сана. 2013 соналъул 11 февраль. Президент Гlали Гlабдала Салехl тlаса рехун кlиго сон тlубаялда хурхараб байрамалда. Ясаз гьадинаб къагlидаялда гlуцlун буго миллияб байрахъ.
7
2013 соналъул 11 февраль. Каир. Мисриялъул президент хъулухъалдаса нахъе ин тlалаб гьабулел оппозициялъул рахъ кколес ахlиял гьарулел руго Президентасул кlалгlаялда аск1об.
8
Китаялъулгун Кореялъул гьудуллъиялъул кьо. Гьеб байбихьулеб буго китаялъул Даньдун абураб гвангъараб шагьаралда ва тlубанго бахчулеб буго Шималияб Кореялъул рахъалда бугеб бецlлъиялъулъ.
9
Тбилисиялъул чагъир биччалеб заводалда. Кватlичlого гуржиязул чагlир цlидаса Россиялде нахъ буссине бегьула.
10
Токиоялда аскобехун бугеб Хаконе абураб бакlалда бугеб курорталъул банялда. Процедурабазда хlалтlизабулеб буго шоколад.
11
Куала-Лумпур. Ункъго моцlалъул щимпанзеялъул тlинчl Малайзиялъул миллияб зоопаркалда.
12
Ирана. 2013 соналъул 10 февраль. Исламияб революциялъе 34 сон тубаялда бан Иранда тlоритlана байрамалъул демонстрацияби.
13
Беларусь. 2013 соналъул 8 февраль. Минскалда аскlобеххун бугеб Радошковичазда тlобитlана мотоциклистазул къецал