СШАялъул президент Барак Обамаца рикIкIунеб буго Россиялъул президент Владимир Путинида Европа цолъиялъулъ хIинкъи бихьулеб бугин, гьединлъидал гьелъие квекIенал гьаризеги хIалбихьулеб бугилан.
Гьедин абуна Америкаялъул президентас «Си-би-эс» телеканалалъе интервью кьолаго. Гьесул рагIабазда рекъон, Путинида мекъи ракIалде кколеб буго НАТОялдасаги Европаялъул Цолъиялдасаги хIинкъи бугилан. Жинда кколин гьеб гьесул гъалатI бугилан бицана Барак Обама доб телеканалалъе, щайин абуни цогояб, къуватаб, гьединго Россиялъулгун лъикIаб гьоркьоблъи гьабулеб Европа бугони квешищин букIинебилан бичIчIизабунила жинца Владимир Путинида. Амма гьев жеги чIванкъотIун гьеб пикруялде вачIун гьечIила.
Америкаялъул президентасул рагIабазда рекъон, гIараб улкабаздаса гочун бачIунеб халкъ букIиналъ лъугьинабураб кризисалъулги радикалиял исламистал гIемерлъараб заманалъги бихьизабизе ккола Европаялъ жиндирго цолъи.
Барак Обамаца Владимир Путинида хурхун абурал рагIабазе Москваялдасан жаваб кьуна Путинил пресс-секретарь Дмитрий Песковас. НАТОялдайила гъоб хIинкъи бихьулеб бугеб Россиялъул рахъалдаса. Москваялъе абуни бокьун бугила киналго улкабазулгун ва цолъабазулгун бухьенал лъикIлъизаризе.