ХIинкъигьечIолъиялъул федералияб хъулухъалъ лъазабуна араб соналда дандеккун исана Россиялда терактазул къадар гIодобе кканилан. Амма Халкъаздагьоркьосеб кризисалъулаб къокъаялъул лъазабиязда рекъон, терроралъулал такъсирал цIикIкIараб регионлъун Европаялда ккола Дагъистан.
ФСБялъул нухмалъулев Александр Бортниковас абулеб буго Россиялда исана 144 терроралъулаб такъсир букIанилан, гьел такъиразда гьоркьосан 120 лъугьа-бахъин ккун буго Дагъистаналда.
Бортниковас абухъе, хасал хъулухъазги къуваталъул идарабазги чанги теракталъе нух къана 2013 соналда. «Изну гьечIого яргъид гIуцIаразул чанги цевехъан чIвана, гьезул 456 блиндаж батана», - ян абуна Бортниковас гьал къоязда Сочиялда тIобитIараб Терроралде дандечIараб миллияб комитеталъул данделъиялда.
Амма Бортниковас данделъиялд мухIкан гьабун бицичIо кинал такъсиразе нух къараб хасал хъулухъаз, чан чиясе зарал ккараб терроралъул лъугьа-бахъиназдаса, чан чи хварав, къуваталъул идарабазул чан хIалтIухъан хварав ва гь.ц.
Халкъаздагьоркьосеб кризисалъулаб къокъаялъ лъазабухъе, 20I3 соналъул тIоцересел анлъго моцIида жаниб Шималияб Кавказалда терроралда хъинтIарал такъсиразда бищун дагь ватани 242 чи хвана, 253 лъукъана.
Зулмуялъул статистикаялда рекъон, Шималияб Кавказалъ дуниялалдаго тIоцебесеб бак кввезехъин бугилан, хъвалеб буго BBC телекомпаниялъ. Информациялъул алаталъул лъазабиялда рекъон, гIарабазулги жугьутIазулги дандечIейги, Турциялда ва ГIиракъалда курдазул проблемаги, Пакистаналъулги Индиялъулги дандечIеги, Африкаялъул цо-цо улкабазул ахIвал-хIалги нахъе тезехъин руго Кавказалъул масъалабаз.
Кризисалъул къокъаялъул докладалда рекъон, зулмуялъул къадар бищун цIикIкIараб регионлъун ккола Дагъистан, хадуб Чачаназул респбулика, хадуб Гъалгъаязул республика.
Мисалалъе, «Кавказский узел» информагентствоялъул лъазабиязда рекъон, гьаб соналъул тIоцересел анлъго моцIида жаниб Дагъистаналда терроралъулал такъсиразда хвана 153 чи, 162 лъукъана.
«ЛъикIал хIасилал рукIаниги, Шималияб Кавказалда ахIвал-хIал хехгьабун хисулеб гьечIо», - ян абун букIана цодагьаб мехалъ цебе Россиялъул президент Владмир Путиница.
Бортниковас Сочиялда абуна Олимпияда байбихьилалде ахIвал-хIал тIубанго хисизе бугин Кавказалъул республикабаздаилан.
«Гьелъие гIоло Дагъистаналда цIигьарулел руго гIорхъиязда лъурал пунктал, гьединго гIорхъиязда ругел патрулал цIикIкIизарулел руго», - ян абуна ХIинкъигьечIолъиялъул федералияб хъулухъалъул нухмулъулес. Гьес гьединго тIаде жубана, Афгъанисталдаса, Пакистаналдаса ва Шамалдаса боевиказул къокъаби Дагъистаналде рачIине бегьулин абураб информация бугилан.
Халкъаздагьоркьосеб кризисалъулаб къокъаялъул Россиялда бугеб офисалъул нухмалъулей Екатерина Сокирянскаялъ абуна «Эркенлъи» радиоялъе терроралде данде вахIшияб хIалалъ къеркьолел ругилан низам цIунулел.
Екатерина Сокирянская: «Нилъеда бихьулеб буго терроралде дандекъеркьеялъул рахъалдасан политика хисулеб букIин. МухIамадсалам МухIамадов президентлъун вукIараб мехалда салафияздехунги, рохьилазул гIагараздехунги бербалагьи букIана либералияблъун. Гьанже кинаб ахIвал-хIал бугеб? Мисалалъе, Генуб ва Буйнакскалда карал лъугьа-бахъинал ракIалде щвезаре. Рохьилазул гIагаразул минаби кьвагьизаруна рагъулаз, гьединго рохьилазул гIагаразухъа хIацIу бакIарулеб буго ДНК-картотека гьабиязеян. Салафиязул бицунаго Рамазан ГIабдулатIиповги хъачIго кIалъала».
Гьединго Сокирянскаялъ тIаде жубана, инсанасул ихтиярал цIунулезеги рахIат толеб гьечIилан низам цIунулез. Мисалалъун гьелъ бачана «Правозащита» гIуцIиялдехун низам цIунулез гьарурал гьужумал.
РакIалде щвезабила, цодагьалъ цебе инсанасул ихтиярал цIунулеб «Мемориал» централде хасал хъулухъаз жидее рахIат толеб гьечIилан гIарзагун рачIана «Правозащита» гIуцIиялъул нухмалъулел Гульнара Рустамоваги ГIайша Селимхановаги.
Рустамовалъ бицаралда рекъон, ахирисел кIиго моцIида жаниб гьелъ гIумру гьабулеб минаялда хадуб халкколеб буго хасал хъулухъазул хIалтIухъабаз.
МахIачхъалаялъул Ленин мухъалъул жанисел ишазул идараялъул хIалтIухъабаз чIухь бана Селимхановалъ гIумру гьабулеб рукъалда. Хадуб гьейги гьелъул росги жанисел ишазул идараялде рачана ва гьезда гьикъулеб букIана «Правозащита» гIуцIиялде рачIарал гIарзабазда тIад кинаб хIалтIи гьабулеб, кин росасулгун Селимхановалъул лъай-хъвай ккараб, Исламалъул кинаб гIаркьелалде гъорлъ гьел унел ва гь.ц.