Ссылки для упрощенного доступа

Гьанир-дора «бесдалаллъун» рукIинегIан «лъимал» гIемераб Дагъистаналдаго лъикI


Нугъай мухъ
Нугъай мухъ

Нугъай миллаталъул чагIазе автономия кьей тIалаб гьабун хъвараб кагъат битIун буго Россиялъул президент Владимир Путинихъе гьал къоязда. Гьеб хитIабалъул авторал ккола Дагъистаналъул Нугъай мухъалда гIумру гьабулел гIадамал. Амма гьеб автономиялда дандечIей загьир гьабулеб буго республикаялъул тIалъиялде гIагарал нугъаяз гуребги, оппозия хIисабалда кидаго къватIире рахъунел нугъаязгицин.

Владимир Путинихъе битIараб хитIабалда нугъаяз гьарулеб буго Дагъистаналда, Чачаналда ва Ставрополь мухъалда ругел нугъаял цадахъго гIумру гьабизе рес букIине гьесие автономия кьейин. Гьединго президентасул кIвар буссинабулеб буго Нугъай миллаталъул гIадамазе хIалтIизе бакIал гьечIин, гьезухъ киналгIаги хъулухъал гьечIин, сахлъиялъул иш квеш бугин, гьез гIумру гьабулел ракьал салуде сверулел ругин, бетIербахъизе захIмалъун бугин абун.

ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда Нугъай миллаталъул миллияб багъа-бачариялъул церехъабазул цояв Аджиев Янгурчица абуна гьел ругин жидеца церего рорхарал суалал.

Аджиев Янгурчи: «Нугъаязул геноцидалъулги цогидалъулги бицун нижеца церего рорхизеги рорхун, миллиял суалазул рахъалъ гIуцIараб Россиялъул Пачалихъияб Думаялъул комитеталдасан жавабги щварал суалал ккола гьез рорхулел ругел жал. Нижер тIалабал такрар гьарулел руго гьез. Жибго съездги гуро гьеб. Бариев абулев чиясул дове данделъарав 24 чиясул дандеруссин буго гьебги!»

Информалатаз лъазабулеб буго нугъай миллаталъул гьеб данделъиялда Дагъистаналдаса, Чачаналдаса, Ставрополалдаса ва цогидал бакIалъа 200 гIан чи гIахьаллъанилан. Полициялъ гъалмагъирги гьабун гьеб цо чиясул рокъоб тIобитIанила.

ЭР-лъухъе щварал баяназда рекъон, гьеб данделъи тIобитIун буго Бариев, Кочеров ва Авезов абулел чагIазул квербакъиялдалъун. Масала, цо-цо нугъаяз бицана Кочеров цеве «Дагъавтодоралда» вукIанила хIалтIулев, гьанже гьениб нухмалъи хисидал, хъулухъалдаса махIрумлъун вугила. Авезов абулев чи кколев вуго Дагъистаналъул Халкъияб Мажлисалда коммунистазул вакиллъун вугев Мурзадин Авезовасул кIудияв вац, гьединго хъвадарухъан.

Гьезул кумекалдалъун Путинихъе битIараб хитIабалъул щибго хIасил кколарин рикIкIунеб буго Дагъистаналъул Халкъияб мажлисалъул вакил Кожаева Эльмираца. Щайгурелъул 1957 соналда Совет Союзалъул нухмалъиялъ гьабураб хIукму лъицаниги нахъбахъизе гьечIила. Гурони киндила Чачан Республикаялъ нахъе кьелеб нугъаяз гIумру гьабулеб Шелковской мухъалъул ракь, Ставрополалъул Нефтекумск, гьединго Дагъистаналъул Бабаюрт, Тарумовка, Нугъай мухъал?

Аджиев Янгурчи: «Гьединлъидал гьадингосеб чIанда ккола гьеб. Ниж тIад хIалтIизе кколеб жо буго миллиябгун культураялъул автономия гIуцIиялда тIад».

Янгурчица ЭР-ялъе бицана Дагъистан тун къватIир ругел нугъаялги гIахьаллъун гьеб ишги кватIичIого рагIалде бахъине бугилан.

Гьединлъидал Чачаналда, Ставрополалда ялъуни цоги бакIалда бесдал лъималлъун рукIинегIан, лъимал гIемераб хъизан гIадаб Дагъистаналда иргадулаб лъимерлъун рукIинго лъикIин нугъаязейин рикIкIунеб буго Кожаевалъги.
Гьелъ гьединго абулеб буго Россиялъул президентасухъе кагъат битIилалде цебе нугъаяз тIобитIараб гьеб данделъи къануналда данде кколарин.

Кожаева Эльмира: «Гьелъул хIакъалъулъ юридикияб куцалда лъазабун букIинчIо я юстициялъул министерлъиялда, я Нугъай мухъалъул, яги республикаялъул прокуратураялда. Информация тIибитIизабулеб алатаздасанги лъазабун букIинчIо гьелъул хIакъалъулъ щибниги. Гурони щибха гьеб кколеб? Гьедин бигьаго гьабулеб жо букIунеб батани, рачIаха цо дицаги дирго азбаралъуре гьудул-гьалмагъзабиги ахIун гьабизе нугъаязул курултай. Цинги лъелин гьелда съезд абураб цIарги. Гьедин тIубараб халкъалъул къисмат балъаргъине бегьулебдай?»

Дагъистаналдагун Чачаналда ва Старополалда ругел нугъай миллаталъул чагIи цолъизеги гьарун цо бакIалда гIумру гьабизе тейин Путинихъе хитIаб гьабураб данделъи тIобитIун буго гьал къоязда Нугъай мухъалъул Терекли росулъ. Амма гьелъие квербакъарал Бариевасулгун, Кочеровасулгун ялъуни Авезовасулгун бухьен гьабизе бажаричIо ЭР-лъухъа.
XS
SM
MD
LG