2003 соналъул 14 февралалда Россиялъул ТIадегIанаб Диваналъ терроризмалъул магIна гъорлъ бугеблъун рикIкIана 15 гIуцIи. Гьезда гъорлъ буго ХIизбут-тагьрир гIуцIиги. ТIадегIанаб Диваналъул пикруялда рекъон, гьеб гIуцIиялъул мурад ккола хIукуматалъул гурел гIуцIабиги тIагIинарун, бусурбабаз гIумру гьабулел улкабазда исламияб Халифат гIуцIи.
Гьеб партиялъул байрахъал рорхунилан гьал къоязда Гъизляралда биххизе дагьалъ хутIана исламияб къагIидаялда гьабулеб букIараб бертин. Шагьаралда жанире рачIунеб бакIалда чIезеги гьарун, гIадамазулги полициялъулги дагIба ккун, гьабсагIаталдаги ункъоял туснахъ гьарун руго. Гьезул цояв ккола «Союз справедливых» абураб багъа-бачариялъу
Гьесги гьесул гьалмагъзабазги ХIизбут-тагьрир партиялъул чIегIерал байрахъал рорхарал митингал гIезегIан гьаруна Гъизляралдаги МахIачхъалаялдаг
Гьедин гьал къоязда Гъизляралда исламияб берталъе гIадамалги рачун рачIунел автомобилаздаса гIараб хъвай-хъвагIаялг
ГIали ГIумаров: «Полициялъул нухмалъулев ГIисалдибиров Гъазица абуна нужеца цереги рорханила гьел байрахъал, амма гьанжесалаги рорхизе тезе гьечIила. Гьездаса хIинкъаан гьев. Нижеца бичIчIизабулеб букIана гьел байрахъала гьукъун гьечIилан. ХIизбут тагьрир партиялъул вакилзабазе гьаниб теракт гьабизе къваригIун букIанин абулеб рагIула гьез. Гьадингосеб жо буго гьеб. Гьединго бицунеб букIана бахIаравги бахIарайги ругин гьересиял. Кин гьересиял рукIунел, гьезда магьари лъолеб бахъараб видеоги бугеб мехалда. Нижехъ ярагъги букIанин абулеб буго. ГIабадлзабийищ ниж ругел автомобилалъуб ярагъги лъун байрахъалги рорхун полициялъул посталде рачIине? ВагIзаби гьарун гурони, жибго гьеб партиялъги кинабгIаги ярагъ хIалтIизабуларо»
Полициялъ ккун хадур гIадамалги полициялъулалги мажгиталъул имамасухъеги ун рукIун руго гьел байрахъазе къимат кьезе. Гьединал байрахъал МухIамад Аварагасулги рукIанин абураб жо полициялда бичIчIулеб букIинчIин бицана ЭР-ялъе ГIалица. Гьеб мехалда мажгиталъул имамасги абун буго экстремизмалдеху
Полициялъулгун берталъе рачIарал гIадамазул ккараб кьабиялъул гьадин бицунеб буго ГIалица ЭР-ялъе.
ГIали ГIумаров: «ТIубан черх хъахIиллъизегIан вухана доз цо вас. Жаниса алаталги рикъун, тIубан машинаги хвезабун буго. Сундухъин гьикъидал, жидехъа тIурулев вукIанин жаваб кьолеб буго доз. Гьединго цо яс йикIана доя. АскIов чIун росги вацги рукIана гьелъул. Гьелде кверал рорхизе лъугьана полициялъулал. Гьелдаса байбихьана дагIба-къец. Цинги квералги кьурун чIарбида регизаруна. Хадуб байбихьана киналго рухизе. Цояс абуна «Товарищ полковник, я свой». Абуниги гьевги вухана».
Гьеб берталъ рукIарал гIадамазда цебеккунго лъалеб букIун буго ХIизбут-тагьрир партиялъул чIегIерал байрахъазе гIоло полициялъ жал чIезаризе рес букIин. Гьединго гьез гьел байрахъал рорхизе рукIин лъалеб букIун, кортеж чIезабизе полициялъе цебеккунго кьураб буюрухъги букIун буго.