"Исламияб пачалихъ" абураб террористияб гIуцIиялъул яргъид гIуцIараз хвезарулел руго ГIиракъалъул Мосул шагьаралъул архитектуриял объектал. Риххизариялъул масштабал баянго рихьулел руго Чехиялъул архитектораз хIадур гьарурал спутникалъул суратазда.
Мосулалъул хвезарурал хазинаби
1
Инжилалда рехсолев Юнус аварагасул рухIалдаса бараб мажгит.  Мосул, 2013 год
2
Спутникалдаса рахъарал суратазда бихьулеб буго Мосул шагьаралъул Юнус аварагасул мажгит биххизабилелда цебеги биххизабун хадубги. КвагIисеб сурат бахъун букIана 2013 соналъул ноябралда. Кваранисеб - 2014 соналъул августалда.
 
3
Гьаб бакIалда букIана Юнус аварагасул мажгит. Мосул шагьар. 2014 соналъул июль. 
4
Яхья имамасул мавзолей. Мосуле, 13 гIасру. КвагIиса - биххизабилелде (2013 соналъул хаслихълъи), квараниса - биххизабун хадуб (2014 соналъул август). 
5
2014 соналъул 23 июлалда "Исламияб пачалихъ" абураб террористияб гIуцIиялъул къокъабаз кьвагьизабуна 13 гIасруялдаго бараб Яхья имамасул мавзолей. КвагIиса - мавзолеялъул мина 1908 - 1909 соназул реконструкция гьабилелда цебе. 
 
6
Аун-ад-Дин имамасул мавзолей. Мосул. 1908 ва 2013 соназда рахъарал суратал. 
7
Мосул. Цебе Мазар Ходжа Данияр аварагасул мажгит ва мавзолей букIараб бакI. Объектал риххизаруна 2014 соналда. 
8
Нур-ад-Динил КIудияб мажгиталъул минараги гьанже биххизабуна. Сурат бахъун букIана 2011 соналда.