Ссылки для упрощенного доступа

Москва-Токио: гьогьомарал гьоркьорлъаби


Россия. Кунашир чΙинкΙиллъи. Премьер-министр Дмитрий Медведев квен-техх бичулеб тукада. 2012 сон 3 июль
Россия. Кунашир чΙинкΙиллъи. Премьер-министр Дмитрий Медведев квен-техх бичулеб тукада. 2012 сон 3 июль

Россиялъул премьер-министр Дмитрий Медведев Курилазул чΙинкΙиллъабазде щвей, Токиялда гΙадатияб къагΙидаялда къабул гьабуна, данде кколареб гали хΙисабалда. Япониялъул къватΙисеб политикаялъул идараялъул бетΙерас гьеб дандбалеб буго цΙорораб лъин тΙаде тейгΙадаб галиялда.

Токиоялда вугев россиялъул вакил ахΙун, Япониялъул хΙукуматалъ загьир гьабуна цΙакъ кΙудияб ургъел Россиялъул премьер-министр Дмитрий Медведев япониялъул претензияби ругел россиялъул чΙинкΙиллъабазде щвеялда бан.

Талат къоялда Япониялъул къватΙисел ишазул министр Коитиро Гембаца лъазабуна, гьеб визит кколила россиялъулгун япониялъул гьоркьорлъабазде цΙорораб лъин тΙураб гΙадаб жойила.

Талат къоялда Кунашир чΙинкΙиллъиялде щвелелде цебе Медведевас Жанубиял Курилал лъазаруна "гΙурус ракьалъул кΙвар кΙудияб бутΙалъун". Телевидениялъ бихьизабураб репортажалда Сахалиналъул хΙукуматалъул гΙахьалчагΙигун чΙинкΙиллъиялда хьвадулеб мехалда, гьес гьединго лъазабуна, ракь лъие букΙаниги кьеялъ, пачалихъ биххиялде бачунила.

Россия. Кунашир чΙинкΙиллъи. 2010 соналъул 1 ноябрь. Президент Дмитрий Медведевасул Курилазде тΙоцебесеб визит.
Россия. Кунашир чΙинкΙиллъи. 2010 соналъул 1 ноябрь. Президент Дмитрий Медведевасул Курилазде тΙоцебесеб визит.
Дмитрий Медведев: "Жиндирго ракьалъул гьитΙинабго кесек кьурав чияс, рикке, балагьалде ккезарулел ругин. Гьеб кинабго лъугΙуна пачалихъ биххилъун. Гьеб цΙакъ кΙудияб хΙинкъи бугеб жо ккола."

Премьер-министрас рагΙи кьуна гьединго Курилазул чΙинкΙиллъабазда язикълъиялда гΙумру гьабун ругел гΙадамазул гΙумрудул шартΙал лъикΙлъизаризе. "Нилъер пачалихъалъул гьеб добегΙанисеб регион тΙокΙаб букΙине кколаро цебегΙадин кΙочараб бакΙлъун." - ян абуна Медведевас бакΙалъулал гΙадамалгун данчΙвалеб мехалда.

Премьер-министр лъабабилев нухалъ щвана гьеб меседалдалъун, гΙарцидалъун ва лъел рухΙчΙаголъиялдалъун бечΙедаб региоаналде. Ι9 азаргогΙанав чияс гΙумру гьабун вугев чΙинкΙиллъабазде тΙоцеве гьев щвана 20Ι0 соналда президентасул хъулухъалда вукΙаго. Гьебго заманалда гьев вукΙана улкаялъул бутΙрузда гъорлъан тΙоцевесев Курилазде щварав нухмалъулев.

Токиоялъ жиндирабголъун риккуннеб буго Курилазул мухъалъул ункъго чΙинкΙиллъи. Гьезде гьелъ абулебги буго "Шималиял территориябиян". Гьел претензиябазе гΙоло россиялъулгун япониялъул гьоркьорлъаби дагьалъ хΙалуцарал руго ва гьелъиего гΙоло Япониялъ инкар гьабулеб буго россиялъулгун даран гьабизеги Россиялде инвестициял гьаризеги. Медведев гьениве щвараб лъабабго нухалда Япониялъ загьир гьаруна жиндирго претензияби.

20ΙΙ соналъул февралалда Медведевасул жиндирго кΙиабилеб визит гьенибе гьабулеб мехалда, хасго чΙинкΙиллъабазда улка цΙуниялъул суалал рорхизарулеб мехалда, Токиоялъ загьир гьарулел рукΙана цидаххарал лъазабиял. Амма бахΙсазул даража дагьалъ гΙодобе ккана 20ΙΙ соналда Япониялда ракь багъарун, цунамиялъ кΙудиб балагьалде ккезарурал япониязул рахъ Россиялъ кколеб букΙин загьир гьабураб мехалда.

ЧΙинкΙиллъабазда хурхарал претензиябазе гΙоло Россиялъги Япониялъги дунялалъул кΙибилеб рагъалда хадуб гьанжеги гъулбасун гьечΙо ракълилаб къотΙи-къайги. Россиялъ жиндирго кверщеллъиялде гъоркье Курилал росана рагъалъул ахиралда.

Эркенлъи радио
XS
SM
MD
LG