Чанго сон цебе Россиялъ рахъ кколеб Молдовалъул сепаратистияб регин Приднестровьеялда батизе ресбукIана Совет Союзалъул чIагояб музей. Гьенир рукъзазул къадазда хутIун рукIана багIарал байрахъалги, пропагандаялъулал игIланалги, нилъгун квартIаги. 1990-соназул авалалда Молодовалдаса батIа тIезе бокьараб Приднестровьеялда букIана къокъабго рагъ. Жалго жидецаго гьелъул лидераллъун лъазарурал чагIазе цIакъ дандекколеб батана модернизация. Санал ун хадуб туризм гьечIин абизе бегьулеб гьеб регионалда киса-кирего гIадин рихьулел руго валюта хисулел бакIал. Дагь-дагьккун цебетIолеб бугеб росдал магIишаталда бажарулеб буго тахшагьар Тирасполалъул базаралгун тукенал хIажаталдалъун хьезаризе. (Суратазул автор Anthony Georgieff)