Мария Каллас ккола XX- гIасрудул цIар арай опералъул кочIохъан. Гьей гьаюна 1923 соналъул 2 декабралда Нью-Йоркалда Грециялдаса гьенире гочарал эмигрантазул хъизаналда. Гьелъул дебют букIана нацистаз оккупация гьабураб Афинабазда I941 соналъул июль моцIалда. 1945 соналда гьей тIад юссана Америкалде ва доба байбихьана гьелъул оперияб карьера. Операялда гуребги – гьелъ цо чанго роль хIана киноялдаги. Мария Каллас гIумруялдаса ятIалъана Парижалда 1977 соналъул 16 сентябрялда.
КочIохъан Мария Каллас гьаюралдаса 90 сон тIубай

1
Мария Каллас жиндир рос Джованни Батиста Менегинигун. 1958 сон.

2
Мария Каллас, 1961 сон.

3
«Тривиата» абулеб опералда рукIарал реквизитал. Нью-Йорк. 2013 соналъул 1 марталда бахъараб сурат.

4
Мария Каллас «ГьитIинаб кьуру» абураб операялъул инаугурациялда. «Ла Скала» абулеб Миланалъул театр. 1955 соналъул 26 декабрь.

5
Мария Каллас Парижалда ругел Елисейил майданазда 1963 соналъул 5 июнялда тIобитIараб рахIму-цIобалъул концерталда.

6
Мария Каллас вагоналда. Рим, 1958 соналъул 9 январь.

7
Мария Калласица автографал рикьулел руго. Москва, 1970 соналъул 22 июнь.

8
Мария Калллас Миланалъул аэропорталде рештIараб мехалда бахъараб сурат. 1958 соналъул 16 январь.

9
Мария Каллас ва Джульетта Симионато Беллинил «Норма» абулеб операялда. Париж, 1964 соналъул 23 май.

10
Мария Каллас жиндирго гьабигун. Парижалъул «Орли» абулеб аэропорт. 1966 соналъул 9 январь. 1959 соналъул 6 сентябрь.

11
Мария Калласица жиндирго вакьина Аристотель Онассисгун Миланалъул сардил клуб толеб мехалда бахъараб сурат.

12
Мария Каллас Мисралъул актер ГIумар Шарифгун ва Франциялъул актер Жан-Пьер Кассельгун Парижалда букIараб репетиционияб сессиялда. 1971 соналъул 23 апрель.

13
Италиялъул баритон Тито Гобби, Монакоялъул нуцалай Грейс жиндирго яс Кэролайнгун Грециялъул килисаялда букIараб динияб тадбиралдаса хадуб. Гьенир диниял кучIдул ахIулаан Мария Калласица. 1977 соналъул 20 сентябрь.

14
«Мария Каллас абадиялъго» абулеб экспозиция рагьиялъул тадбир. Санкт-Петербург, 2011

15
Мария Калласил хоб. Париж, Пер-Лашез. 2004 соналъул 14 маялда бахъараб сурат.